Америкалъул кIиабилев журналист чIвана ГIиракъалда

Америкалъул журналист Сотлофф Бахрейналда хIалтIулеб мехалда. 2010 сон

Жинда «Исламияб пачалихъилан» абулел яргъид гIуцIараз талат къоялъ тIибитIизабуна Америкалъул кIиабилев журналист Стивен Сотлофф чIваялъул видео хъвай-хъвагIай. Гьадин лъазабулеб буго интернеталъухъ хал-щал гьабулеб Reuters агентлъиялъул хасаб хъулухъалъ.

Америкалъул журналист Стивен Сотлоффил бетIер къотIулеб куц бихьизабулеб видео-хъвай-хъвагIай интернеталда загьирабун хадуб, Пачалихъияб Департаменталъул пресс-секретарь Джен Псакица талат къоялъ лъазабуна, ГьабсагIат Цолъарал Штатазул хасал хъулухъчагIаз гьеб видеоялъул цIех-рех гьабулеб бугин.

Хъвай-хъвагIай гьересиябищ, унго-унгоябищ баянлъизаби мурадалда. ЧIварав чи хIакъикъаталдаги гIайиб гьечIев журналист Сотлофф ватани – гьеб бугин вахIшияб ишилан, абуна Псакица.

Рехсараб видеоялда яргъид гIуцIараз ГIиракъалъул курдазе хIинкъи кьолаго, гьездаса тIалаб гьабулеб буго Америкалъул аскарязулгун рагъулаб рекъон хIалтIи гьоркьоса къотIи ва ГIиракъалъул Шималияб рахъалда ругел жидерго позициялда Цолъарал Штатазул авиациялъ гьарулел гьужумал чIезари.

Рехсараб багъа-бачариялде данде чIолеб «Пешмерга» абулеб курдазул къукъаялъул цо гIахьалчиги яргъид гIуцIарал сунитаз чIвана Мосул шагьаралда бугеб мажгиталда цеве. Гъоркьлъалие восун вуго 14 курд.

Жидерго тIалабазухъ гIинтIамичIони, гьелги чIвазе ругин абулеб буго яргъид гIуцIараз.

ЦIех-рех гьабун хадуб, Цолъарал Штатазул Миллияб ХIинкъи гьечIолъиялъул Шураялъ лъазабуна чIварав чи – хIакъикъаталдаги Стивен Сотлоффилан.

Америкалъул президент Барак Обамаца буюри кьуна «Исламияб пачалихъ» абураб багъа-бачариялдаса Америкалъул дипломатал цIуни мурадалда ГIиракъалде жеги 350 рагъулав хъулухъчи витIизе.

ГIаммаб къадаралда ГIиракъалда ругел Цолъарал Штатазул аскариязул къадар бахине буго 820 чиясде.

Гьел аскариял рагъулал ишазда гIахьаллъизе гьечIо, ян тIаде жубана Цолъарал Штатазул ХъахIаб Рукъалъ.

Гьадин гьес абун бугониги, гIемерал рагъулал экспертаз абулеб буго ГIиракъалде тIаде журарал аскариял ритIи рикIкIине кколин радикалиял исламистал мутIигIлъизариялъул планалъул бутIалъун.

ХъахIаб Рукъалъ тIибитIизабураб лъазабиялда абун буго, гьабсагIат суал НАТОялъул бутIрузулгун дандбалеб бугин. Гьоркьоб лъун бугин комплексияб планалъул суал. Гьелда рекъон яргъид гIуцIарал исламистазде данде гIуцIизе бугин гIатIидаб халкъаздагьоркьосеб коалиция.

ГIагараб Машрикъалде заманалда сапар бухьизехъин буго Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица, терроризмалде данде къеркьей гьабиялъул суалазул рахъалъан Америкалъул президентасул гIакълучIужу Лиза Монакоца ва улка цIуниялъул министр Чак Хейгелица.

ГIиракъалда ва Сириялда яргъид гIуцIарал исламистазул хIаракатчилъи цIикIкIунеб букIиналда бан, СагIудиязул ГIарабиялъул тIадтараз щулалъизабулеб буго хIинкъи гьечIолъи.

Гьалкъояз ккун вуго терроризмалда ва Аль-КъагIидагун бухьен букIиналда щаклъи бугев 88 чи.

СагIудиязул Жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-секретарь Мансур аль-Туркица лъазабуна гьездаса 59-гояв цебе туснахъ гьавун вукIанин. Хасал хъулухъчагIаз чанго моцалда жаниб гьезда хадуб балъгояб хал кквей гьабулеб букIанин.

Полициялъул баяналда рекъон лъабгояв гьениве вачIун вуго Йеменалдаса, хутIарал щинал – жибго СагIудиязул ГIарабиялъул чагIи ругин. Цоясул миллат тIад чIезабун гьечIин.

Жинда «Исламияб пачалихъилан» абулеб яргъид гIуцIараб багъа-бачари Евроцолъиялъги, Цолъарал Штатазги, Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъги, цогидал цо-цо улкабазги террористикиял къукъабазул сияхIалде гъорлъе жубан буго.