Улкаялъул аслияб къанунлъун рикIкIунеб Конституция къабул гьабуралдаса исана тIубала къого сон. Амма гIемерисел гIадамазда хасго гIолохъанаб гIелалда жеги харги бичIчIулеб гьечIо гьелъул магIна. «Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех тIобитIана Контституциялъул къо кIодо гьабиялда тIасан дагъистаниязул кинаб пикру бугебали лъазелъун. Конституциялда рекъон кинавго чи ващад гьавула гьеб къануналъ, амма хIакъикъаталдаги ращад гьарулел ругелишха гьелъ хIукуматалъул тахбакIида вугев кIудияв хъудухъчиги, гIадатияв хъулухъчиги, магIарда вугев вехьги? Щиб хисараб улкаялда Конституция къабул гьабуралдаса ва хисун батани кинаб рахъалдехун? ХIажат бугищ жакъа пачалихъияб байрам хIисабалда гьеб къо кIодо гьабизе? - гьел суалал кьуна нижеца нухда дандечIварал гIолохъабазе, шоферзабазе, гIияхъабазе, сахлъи цIуниялъул хIалтIухъабазе. Ва гьале гьез кьурал жавабалги:
ХIажи, 25 сон, МахIачхъала: «Дир хъизан гьаюраб къо ккола гьеб (велъулаго)».
Шамил, 31 сон: «РикIкIунаро дица гьеб байрамлъун. ЛъикIаб гIумруялда рукIаралани гIадамал гьабизе бегьилаан гьеб кIодо, гьечIелъул гьелъул щибниги пайда. Дагъистаналъулги буго Конституциялъул къо, амма щибниги батIалъи дида гьеб кIиябго къоялда гьоркьоб бихьулеб гьечIо.
ХIамид 47 сон: «Каспийск-МахIач
ГIамирханил МухIамад 49 сон, хIалбихьи бугев гIияхъан: «Цо рокъор гIурал лъимал инсухъа ращад гьарун бажарулареб мехалъ, Конституциялъги Путиницаги кин гьарулел халкъ ращад. Щибниги хисизабиялдаса ун буго иш. Мисалалъе, Советияб заманалда Дагъистан рикIкIунаан гьан-квас гIезабиялъул рахъалъ бищун цебетIураб регионлъун. Жакъа абуни хIукуматалъ гIи-боцIухъанлъи цебетIеялъе гIарац биччалеб азарго чахъу бугин жиндирилан гьереси-документ
МухIамадгIарип, 35 сон, росдал тохтур: «Цебе нилъеца Конституциялъул пикруцин гьабулароан. Гьелде регIунги рукIинчIо гIадамал. Жидеего чед-хинкIалъе къватIире рахъарал гьезие Конституциялъул кинабгIаги кIвар букIинчIо. Гьанже 20 сон ун хадуб цодагьаб лъикIаб рахъалдехун хисун бугилан кколеб буго дида халкъалъул рукIа-рахъин. ХIукуматалъул нилъедехунги бербалагьи гьединго хисун бугин ккола»
МухIамадрашид, 22 сон, кивниги хIалтIулев гьечIев: «Конституциялъул бакIалда цогидаб къо кIодо гьабурабани лъикIилан ккола дида. Мисалалъе имам Шамилил къо. Гьесго кIудияб пайдаяб лъакI тана наслабазе. Телевизоралдасан Конституциялъул къо, Конституциялъул къо абун гаргалел рукIин гурони, тIокIаб гьелъул бугеб пайда лъаларо дида».
Амма щибниги жаваб кьезе инкар гьабуралги ккана гIолохъабазда гьоркьор, мисалалъе Конституциялда тIасан кинаб пикру дур бугеб абураб суал кьолаго квералги хьвагIулаго рикIкIалъизе гIамал гьабуна.
Цо-цоязда абуни лъалебцин батичIо 12 декабрь Россиялъул Конституциялъул къо букIин. КIудияб октябралъул къолъун кколеб букIараб 7 ноябрь рехсана гьез Конституциялъул къолъун»
Расул, 20 сон, МахIачхъала: « Анкьабилеб ноябрьги букIинчIиш цебе Конституциялъул къолъун? Дун гьавураб къо. Гьеб къоялъги кIодо гьабулеб букIанин кколаха Конституция…».
Гьединал жавабал кьуна Конституциялъул къоялда тIасан пикраби загьир гьарулаго гIадатиял Дагъистанияз.