Дагъистаналъул тарихияб мина

Темирхан-Шураялъул театр кколин Венаялда бугеб цо театралъул копия. Австриялдаса гьенире щвезарун рукIана бакIалги, статуялги цогидаб инвентарги. 

Театралъул макет

Жиндир заманалда Темирхан-Шураялъул театралда концерт кьуна цlар арав кочlохъан Федор Шаляпиница. Гьединго  шагьаралъул гьалбаллъун рукlана советиял кочl​охъаналги. Гьезул цIарал гьадинаб къагIидаялда хъван буго музеялда.

Гьаб столалда тIад Россиялъул миллатазул нарком Иосиф Джугашвилица (Сталин) 1920 соналда гъулбас лъуна Дагъистаналъул автономиялъул декларациялда гъоркь.

Театр баялдаса 100 сон тIубаялъул тадбиралде ячIун йикIана Дагъистаналъул культураялъул министр Зарема Бутаева. 

Шагьаралъул ва республикаялъул тарих бихьизабун буго некIсиял суратазда.

Байрамалъул концерт.

Буйнахъскалъул Культураялъул Централъул директор МикагIил Дугъричиловас министр Зарема Бутаевалъе (бакьулъ) ва "ТIоцебесеб галереялъул" директор Джамиля Дагировалъе экспонатал рихьизарулел руго. 

Антикварияб мебель.

Экспозиция.

НекIсиял экспонатал

Миллияб ретIел

Квералъ хъвараб некIсияб тIехь.

Буйнахъскалъул мажлисалъул депутатаз  шагьаралъул мэрасул тах бикьулаго, цоцазулгун рагъулеб мехалда, гIадатиял гIадамаз, интеллигенциялъ, студентаз гIамал гьабулеб буго шагьаралъул унго-унгояб  чIухIи цIунизе.  

Тарихияб мина хIадураб буго цIиял байрамазе.

Нусго сон тIубана Темирхан-Шураялда театралъул мина баралдаса