«ЧIаго хутIизе къваригIун батани, гьеб бейджик бахъе...»

Дубровкалде цере ракlарарал журналистал, Москва, 24Oкт2002

Дубровкаялда гъоркьлъалие росарал гIадамал хвасар гьарулелъул Россиялъул низам цIунулез тIобитIараб хасаб операциялда хурхун пикру хисун буго улкаялъул гIадамазул.

ЖамгIияталда жаниб бугеб пикру лъазабулеб тIолгороссиялъул централъ 2003 соналда гьарурал гьикъа-бакъиязда россиялъулазул 51 проценталъ ритIухъ гьабулеб букIун буго гьеб операция. Гьанжейин абуни гьезул 29 проценталъ гурони гьедин рикIкIунеб гьечIо. Гьел рагIула Москваялда, Санкт-Петербургалда ва гьенир гIагарлъухъ ругел шагьаразда гьарурал цIех-рехал.

Гьединал терактал ккечIого рукIиналъе гьал ахирал соназда кинотеатразда кинаб цIуна-къай гьабурабин гьикъидал, гIадамазул 13 проценталъ жаваб кьолеб буго хъаравуллъи цIикIкIинабунин. Махх-мачI балагьулел жал, турникетал лъунин абулеб буго ичIго проценталъ. ГIадамазул 35 проценталъин абуни жаваб кьолеб буго щибниги гьабичIин кино-концертазул залазда гьединал хIужаби нахъчIваялъе.

ГIадамазул 35 проценталъ рикIкIунеб буго гъоркьлъалие росарал эркен гьаризе тIокIаб батIияб рес букIинчIин, амма жибго операция цIакъ тIаса-масагоги мекъиги гьабунилан. 16 проценталъ гурони абулеб гьечIо гIадамал эркен гьарулеб къагIида битIараб букIанилан.

ХIисаб гьабидал, гъоркьлъалие росарал гIадамал эркен гьари гуреб, киналали политикиял мурадал цере лъураб операция букIанин гьебилан кколеб буго Дагъистаналдаса журналист ХIамзатова Лейлада. Москва бакьулъеги рачIун щалали лъаларел террористаз гIадамал гъоркьлъалие роси рогьолъун къабул гьабураб къагIидайила улкаялъул тIалъиялъ.

БитIун Дубровкаялда мюзиклалде рачIарал чагIи гъоркьлъалие росараб мехалда Лейла Россиялъул щибаб регионалдаса журналистазда цадахъ прессаялда хурхун Москваялда тIобитIулеб экспозициялда йикIун йиго. Цинги гьенисан гьел киналго Дубровкаялде рекерун руго. Жинда гьабсагIаталдаги церечIун ругин гъоркьлъалие росарал чагIазул сураталги кодор ккун, «ТалихI кьейги, террористазул киналго тIалабал тIурай, эркен гьаре нижер гIагарал», «ТалихI кьейги, тIадекIанцIи гьабичIого те гьел» абун хъварал игIланалги кодор ккурал гьезул гIага-божаразул пашманал ва чара къосарал гьурмал.

ХIамзатова Лейла: «Дица киданиги террористазул рахъ кколароан. Гьез Бесланалда гьабуралъулги цогидалъулги … бицун пайда гьечIо гьанже. Амма Норд-Осталда тIобитIараб хасаб операция букIанаха цIакъ махщел гьечIого гьабураб гIадаб жо».

Норд-Осталда хваразул гIагарлъиялъ низам цIунулезде гIайиб гьабулеб буго чи кIотинавулеб газги биччан хвезарунин гьез гьел. Гьедин иш Европаялъул диваналдегицин щвана. Гьеб диваналъ Россиялъул тIалъиялдаса тIалаб гьабулеб буго гьелъул цIех-рех гьабизеги хваразул гIагаразе рецIалил гIарац кьезеги. Амма гьеб гIайиб-гъвелалдаса хадуб Москваялъул бетIерав тохтур Сельцовский Андрейица лъазабуна газалъ кIудияб зарал гьабичIин гьел гIадамазе.

ХIамзатова Лейла: «ГIемерисел хвана жиндир заманалда медицинаялъул кумек щвечIолъиялъ, къваригIараб параялда гьенире тохтурзаби риччангутIиялъ».

Гьедин рикIкIунеб буго Дагъистаналдаса журналист ХIамзатова Лейлаца.

ХIамзатова Лейла: «Лъугьа-бахъунелда тIасан лъалеб жо цIакъ дагьаб букIана. ГIадамазда щибго лъалеб букIинчIо, цIакъ хIалуцараб хIал букIана. Хасаб штаб гIуцIун букIаниги, дол гъоркьлъалие росаразул гIагарлъи букIана щибниги лъаларого хутIун. Гьадал къояца киназулъго цо рихха-хочи букIана бихьулеб, гьабизе жо лъаларо рукIана. Москваялда гьединаб жо ккезе рес гьечIиланищ кколеб букIарабали…».

Норд-Осталда гIадамал гъоркьлъалие росарал чагIи кавказиял ругин рагIидал, бакIалъул гIадамал жидедехун мекъи-мекъи балагьулел рукIанин, ццим бахъукье кодове щварав чIегIеркIкIуяв журналистги вуханин бицунеб буго Лейлаца.

ХIамзатова Лейла: «Азербайжаналдаса журналист вухана гьез гьенив. Дида бараб бейджикалда хъван букIана Дагъистан Республика абун. Мунго чIаго хутIизе къваригIун ятани, гьеб бейджик бахъеян абуна цо хъаравулас аскIовеги вачIун дида».

ХIамзатова Лейла ккола Дагъистаналъул Каспийскалдаса журналист. 2002 соналда гьениб ккараб гIасияб теракталда хIалалъ хвасарлъарай гьей анлъго моцI ун хадуй Дубровкаялдеги ккун йиго.