Amnesty International абулеб инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун идараялъул цIияб докладалда абулеб буго европаялда бусурбабазе къойидаса-къойиде хIалтIизе ресалги дагьлъулел ругин, цIализе ресалги къотIулел ругин. Гьелъие гIиллалъун инсанасул ихтиярал цIунулезда бихьулеб буго Европалда бусурбабазе дискриминациялде рачунел маданиятгун диниял стереотипал гIатIидго тIиритIун рукIин.
«ТIаса бищи ва цебеккун лъазаби: Европалда бусурбабазе гьабулеб дикриминация» абулеб цIаралда гъоркь Amnesty International абулеб инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун идараялъ лъазабулеб букIана Швейцариялда, Франциялда, Бельгиялда, Испаниялда ва Нидерландазда бусурбабаз гIумру кин гьабулеб бугебали.
ЧIезабун буго цо пуланаб куцалда ретIа-къарал гIадамазе, масала ботIрода кIаз бугел яги исламалда хурхарал цоги символал ругеб ретIел ретIарал гIадамазе хIалтIи батизеги захIмат бугин, цIализе лъугьинеги бигьаго гьечIолъи ва гьездехун къанун хвезабурал ишал ккани, гьел ишазул цIех-рехги хашго гьабулеб букIин.
Европалъул Цолъиялъул директивалда абулеб буго гьеб цолъиялде гъорлъе унел улкабазда диналде балагьун чиясе тIадецуй гьаби-гьеб дискриминация кколин. Бельгиялда, Франциялда, Нидерландазда, Испаниялда улкабазул жанисел къануназдаги гьеб позиция цIунун буго.
Амма Amnesty Internationalалъул дискриминациялъул суалазда сверун эксперт ва бицен гьабулеб докладалъул автор Марко Перолиница рикIкIунеб буго жидер къукъаялда тIатинабизе кIванин гьел къанунал цо-цо бакIазда цIунун гьечIолъи ва цо-цо мехалда гьединал къанунал гьезего гьечIолъиян.
Марко Перолини: Нижее тIатана Франция, Нидерландал ва БельгиягIадал улкабазда гьединал къанунал хIакъикъаталда ругониги, гьел букIине кколедухъ цIунун гьечIолъи ва гьелъ нижер рахIат хвезабулеб буго. Цоги рахъалъан балагьани, руго гьединал къанунал гьезего гьечIел улкабиги. Швейцария Европалъул Цолъиялде гъорлъе унаро, гьениб гьечIо антидискриминационияб къанунги. Щвейцариялда гьезего гьечIо диналде балагьун чиясе дискриминация гьабизе бегьуларин абураб къанун.
Amnesty Internationalалъ абулеб буго гьединал улкабазда хIалтIи кьолезул ихтияр бугин гьезул хIалтIухъабаз-масала диниял яги культуриял символал хIалтIизарулел ругони ва гьел хважаинасул клиентазе рокьуларел ратани, яги корпоративияб имидж гьез хвезабулеб батани, жидер хIалтIухъабазе дискриминация гьабизейин.
Докладалда бицен гьабулеб буго Парижалдаса Амель абулей гIаданалъул, ботIрода кIаз букIиналъ хIалтIи батизе гьелъие захIматго букIараб куцалъул.
Хъизамалда зулму гьабулезе консультанталъул хIалтIуде гьей йосун гьечIо гьелъ ботIрода кIаз къан букIиналъ. Гьелда абун буго, хъизамалда зулму гьабулел руччабазде финансазул рахъалъ эркенай йикIинелъун, ботIродаса кIазги бахъун хIалтIи балагьизе айин дуца кин абизе бугебин.
Бусурбабазул руччабаз гIадамал ругеб бакIалда гьумер бахчиялъул суал борхун букIана европалъул Австрия, Бельгия, Босниягун Герцеговина, Дания, Франция, Италия, Нидерландал, Испания, Швейцария ва БританиягIадал улкабазда. Франциягун Бельгиялда гьанжеялде гьукъун буго руччабазе бурга ретIине ай гIадамал ругеб бакIалда гьумер бахчулеб ретIел ретIине
Перолиница абулеб буго гьединал къануназ дин гьабизе бугеб ва жидерго пикру загьир гьабизе бугеб ихтияралда махIрум гьарулел ругин Европалда ругел бусурбабиян.
Европаялъул цо-цо улкабазда пачалихъиял школабазда бильанхъизабулеб политикаги бусурбабазул ратIлиде данде бугин ва гьелъул бусурбабазе заралги бугин абулеб буго докладалда.
Amnesty Internationalалъ европалъул улкабазул хIукуматал ахIулел руго жидер улкабазда ругел къанунал цIунизе ва бусурбабазул рахъалъ ругел квешал стереотипал тIагIинаризе нухал ралагьизе.