«Ниж Москваялде иналде щай ккезарурал?»

ТIолго Дагъистаналъул халкъияб съезд тIобитIизе буго октябралъул 26 абилеб къоялъ Москваялда. Гьединабго халкъияб съезд кIиго соналъ цебеги тIобитIун букIана Дагъистаналда. Доб мехалъ гьелда гIахьаллъи гьабун букIана кинавниги 3000 гIанасев чияс. Гьаб нухалъ Москваялда тIобитIулеб съездалда Дагъистаналдаса гIахьалъизе рагIула 500 чи, гьедигIанго Москваялдасаги цогидал бакIаздасаги - кинавниги 1000 гIанасев чи.
Дагъистаналда тIобитIичIого Москваялде данделъиялъе чанго батIияб гIилла бугин бицана ЭР-ялъе съездалъул аслиял гIуцIарухъабазул цояв, жамгIияв хIаракатчи Шамилов МухIамадица. ТIоцебесеб гIилла кколила республикаялда тIалъиялъ гьабулеб мекъаб политикаялъул, яги лъугьун бугеб захIматаб ахIвал-хIалалъул бицунеб кинаб букIаниги данделъи тIобитIани, гьелда гIахьаллъи гьабурал жанир тIамулел рукIин. Шамиловас жиндирго мисалалда абуна митингалда гIахьаллъи гьабуралъухъ вачун жив жанив тIамунин лъабго нухалъ. Ахирисеб нухалъ гьеб букIана гъоркьисала 3 октябралда МахIачхъалаялда тIобитIараб митингалдаса хадуб.

КIиабилеб гIилла, МахIачхъалаялъул аслияб майданалда бан бугеб Россиялъул президент Владимир Путинил сураталда цереги чIун Дагъистаналда бугеб зулмуялъул ахIи бан гьесда рагIизехъин гьечIин гьанже улкаялъул тахшагьаралдеги ун гьесда гIагардаги рукIун бицани гурониян абулеб буго Шамиловас.

Узухъда, щибин гьеб данделъиялъ кьезе бугеб, нилъго чияда хIакъирго рихьизейищин Москваялде швезегIанги унел абулел харбалги ругин бицана Шамиловас хадубги.

Шамилов МухIамад: «Батизеги бегьулаха гьеб гьедин. Ва аммайин абулаха… Нижищ ругел Дагъистан хIакъир гьабулел? Ниж доре иналде ккезабураб пачалихъалъул президентги, хIукуматги, парламентги жалго нечоларищ цадахъ бахъун халкъ Россиялде Дагъистан какизе ине кканани? Кинаб рахъалъ Дагъистан лъица инжит гьабулеб бугебали гIадамаз жидецаго кьеха гьелъие къимат. Щиб лъугьинеб бугеб, щиб ккелеб гьелъулин гьикъула. Гьелъул кколеб жо Аллагьасда лъала. Батила нижееги цо хъвараб жо. Гьеле гьелъие гIоло унел руго».

Съездалда борхизе бугеб цойги кIвар бугеб суалалъул бицана Шамилов МухIамадица «Эркенлъи» радиоялъе. Гьесул рагIабазда рекъон, жакъа Дагъистаналъул гIемермиллатазул халкъалъул рагIуларо, цогидал пачалихъазда ругел гIисинал халкъазул гIадин, ихтиярал тасдикъ гьарун гьабураб хъвай-хъвагIай. Шамиловас абулеб буго Цолъарал Миллатазул гIуцIиялде щун бичIчIизабизе кколин Дагъистаналъул халкъазулги гьединал ихтиярал тасдикъ гьаризе кколеблъи.

Шамилов МухIамад: «Дунялалъул Цолъарал Миллатазул гIуцIиялда хъвай-хъвагIай гьабизе къваригIун буго Дагъистаналъул киналго халкъазул. Гьезие къваригIун буго дунялалда ругелщинал гIисинал миллатазе щванщинал ихтиярал. Гьеб буго аслияб суал. Гьеб тIубарабго нилъер киналго суалал тIурала. МацIалъул къанун гьечIо, ракьалъул къанун гьечIо, магIданазул къанун гьечIо, … гьечIо, гьечIо… лъел электростанцияз халкъалъе кьолеб пайдаялъул ва цогидалъул къанунал гьечIо, нилъги руго цо чияр ракьги ккун чIарал гьадингосел чагIи гIадин».

Россиялъул президентасул администрациялде щун, гьезги квербакъи гьабун тIобитIулеб данделъи батани, хIасил ккела гьелъул, гурого жидедаго ракIалдеги ккун Москваялде швезегIанги ун гьеб данделъи тIобитIунилан Россиялъул нухмалъулезе гьез рагьизе щибниги цIияб жо гьечIо. Гьедин рикIкIунеб буго магIарулазул «Миллат» газеталъул бетIерав редактор БисавгIалиев МухIамадица. Дагъистаналда лъугьун бугеб цIакъго захIматаб ахIвал-хIалалъ тIамун рукIин бичIчIулеб бугин гьеб данделъи Москваялда гьабизе, амма гIицIго гьелъул хIаракатчагIазул пикруялда рекъон тIобитIулеб бугони, гьелъ кIудияб хIасил кьелилан кколарин жиндаян абулеб буго МухIамадица.

БисавгIалиев МухIамад: «Доз Москваялдеги ун щибниги цIияб жо бицине гьечIо. Коррупция бугин бицина, гьеб гьаниб бугеблъи дозда лъала, рикъулел-чIвалеллъи дозда лъала. Тухумчилъи букIин лъала. Амма гьеб съездалде мугъчIвайги гьбаун гьанир хиса-басиял гьаризе гьезие къваригIун батани, гьелъие багьана гьеб буго. Ругищ гъозда нахъа политикиял къуватал, Кремлялъ нух кьун гьабулеб жо гьеб бугищали абизе захIмат буго. Дида ккола съезд тIобитIулеб къоялдего баянлъилин кинал политикиял къуватал гъозда нахъа ругелали».

Съезд тIобитIизе тIоцебе квербакъарав чи «Справедливая россия» партиялъул Дагъистаналда вугев вакил ГIумаров ХIажимурад вугин абула. Амма гьелдаго цадахъ халкъалда гьоркьоб тIибитIун буго хабар съезд тIобитIиялъе гIарцудалъун квербакъарав чи Дагъистаналдаса олигарх Зиявудин МухIамадов рагIулилан. Шамилов МухIамадица тасдикъ гьабичIо гьеб баян «Эркенлъи» радиоялъе.
ТIоцебе гьеб данделъи тIобитIиялъул хабар баккидал жив божун вукIинчIин цохIо ХIажимурадил хIаракаталдалъун тIобитIулеб тадбир гьеб букIиналдаян бицана БисавгIалиевас. Гьелда нахъа жеги политикиял къуватал ратулилан кколеб буго гьесда, амма тIадеги жубалеб буго гьеб нилъеда лъалин съезд тIобитIун хадуб.

МухIамад БисавгIалиев: «Политикиял мурадалищ ругел гъора, яги унголъунги халкъалда ракI гурхIун къватIире рахъарал чагIийищ гъолали дие абизе захIмаат буго. Щайгурелъул халкъалда ракI гурхIарал политикал дида ахираб къого соналда жанир рихьулел гьечIо. Щивас жинди-жиндие санагIалъи гьабулеб буго. ХIажимурад ГIумаровасул рахъалъ абуни, хасал политикиял къуватаз кверчIвайги гьабун ккезавун вуго гъов «Справедливая Россиялъул» нухмалъиялде. Гьаб съезд тIобитIулелъул, дир хIисабалда, финансазулгун олигархазул къокъаби гьечIо гъосда нахъа. Президентлъун МухIамадсалам МухIамадов унеб мехалда гъос хъулухъги кьечIого тарав чи, гьанже жиндаги кIолин цо иш гьабизеян вагъарарав чилъун вихьулев вуго дида гьев».

Дагъистаналъул нухмалъиялъ жидеца гьабизе ракIалда бугелъул бицунеб гIадин, съездалъул хIаракатчагIазулъги хIакъикъиял ишал рихьулел гьечIо гIицIго тIокIалъ чIечIого «гьадин абизе бокьун бугин», «гьадин хисизабизе кколин» абун гурони. Гьедин абуна ЭР-ялъе Шималияб Кавказалда бугеб Исламияб цIех-рехалъул централдаса эксперт, политолог Руслан Гереевас. КIиго соналъ цебе Дагъистаналда тIобитIараб съездалъулги кинабниги хIасил ккечIин, Москваялда тIобитIулелъулги гьединабго къисмат букIиналда щаклъи гьечIин абуна Гереевас.