Лъималазе ярагъ расанкIо гуро

Дагъистаналда гIадатиял гIадамазухъ бугеб пневматикияб яргъил къадар лъидаго лъалеб гьечIо. Гьеб босизе лицензияги хIажалъулеб рагIуларо. Амма гьелъул зарал цо-цо мехалда рагъулаб яргъил заралалда бащалъулеб буго.

Дагъистаналъул кIиго мухъалда цо къоялда жаниб лъукъун буго кIиго лъимер. Гьелъие гIиллалъун ккун буго гьел пневматикияб ярагъгун расанди. Гьединаб ярагъ босизе хIажалъулеб гьечIо лицензия. Гьедин лъазабулеб буго Дагъистаналъул ярагъ хIалтIизабизе изну кьолеб идараялда. Гьезго абухъе, гьединаб ярагъ гIемер батулеб буго школлъималазухъцин.

Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялъ баян гьабухъе, Казбек мухъалъул Дылым росулъ ва Унсоколо мухъалъул Майдансколе росулъ лъималаз ярагъ хIалтIизабулаго, кIиго лъимер лъукъун буго. Дылым росулъ 16 сон барав гIолилас тохлъукьего гьабураб кьвагьиялъул хIасилалда лъукьун вуго 11 сон барав вас. Лъукъарав вас вегизавун вуго Казбек мухъалъулаб азарханаялда. Гьесул квегIаб бералъе сакъатлъи щун бугин лъазабулеб буго азарханаялъул хIалтIухъабаз, гIаммаб хIал квешаб гьечIила.

Унсоколо мухъалъул Майданское росулъ 14 сон барав гIолилас, гьединго ярагъ хIалтIизабулаго, тохлъукьего реччIун, 12 сон барав васасул бетIер лъукъун буго. Сакъатлъи щварав васасе Шамильхъалаялъул мухъазда гьркьосеб азарханаялда гьабун буго кумек. Гьеб азарханаялъул бетIерай тохтур Зарема МухIамадовалъ баян гьабуна гьесул сахълъиялъе хIинкъи гьечIин щибниги. Вас МахIачхъалаялда бугеб Лъимаазул азарханаялде вачун анила.

Зарема МухIамадова: «Гьев сон Республикаялъулаб Лъималазул азарханаялде вачана. Васасул ругъун букIана надалда. Гьениб речIчIараб гулла къан хутIун букIун, сон МахIачхъалаялда бугеб республикаялъул Лъималазул азарханаялда гьитIинаб операция гьабуна. Гьесул гвангвараялъе щибго жагъаллъи букIинчIо. Ниж кIалъан, хадуб хал кколеб буго, гьесул хIал квеш гьечIо».

КIиябгоги лъугьа-бахъиналда лъималазухъ кодоб букIун буго пневматикияб ярагъ. Гьеб ярагъ кколеб буго эркенго хIалтIизабизе бегьулеб, ай гьеб тайпаялъул яргъил цо тайпаялъе гурого хIажалъулеб гьечIо лицензия ва Жанисел ишазул идараялда сияхIалда букIин. Аслияб къагIидаялда пневматикияб ярагъ кколеб буго спорталда ва чание хIалтIизабулеб. Аслияб тIалаб кколеб буго гьеб ярагъ кодоб бугесе 18 сон букIин. Амма Дагъистаналда пневматикияб ярагъ школлъималазухъ бати къанагIалъи кколарин, аслияб куцалда пашманал хIасилазде рачиналдего, нахъе бахъулин гьеб. Балугълъиялде рахинчIезул ишазул инспектораз хал кколин лъикIаб гьечIеб хьвада-чIвади бугел лъималазда хадубин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялъул Лицензиябигун изну кьолеб хIалтIи гьабулеб идараялъул нухмалъулев Константин Томилиница. Пневматикияб ярагъалъ гIицIго лъукъулила, амма лъималазул кодоб гьеб кколила кIудияб хIинкъи.

Константин Томилин: «Бокьарав, 18 сон бугев чияс ярагъ бичулеб тукадеги ун босизе бегьула гьеб пневматикияб ярагъ, гьеб сияхIалда лъезе кколаро. ГIицIго 8 Джоулялдаса тIаде къуват бугеб гурого, амма гьединаб бичуларо тукабазда. Интернеталдасагицин босизе бегьула пневматикияб ярагъ, гьединлъидал, кигIан къадар гьединаб яргъиял гIадамазухъ кодоб бугебали лъазе кIоларо. Инспектораз щибаб къойил гьабула хIалтIи школазда, лъималазухъ гьединаб ярагъ бугищали хал гьабула ва профилактикияб хIалтIи гьабула. Цо Дагъистаналда гуребги, гьеб ярагъ хIалтIизабун сакъатлъи щварал лъимал щибаб регионалда камурало, амма гьеб пневматикияб ярагъ хIалтIизабиялда хадуб халкквей соглъизабиялъул суал тIубала федерадияб тIалъиялъул даражаялда».

Респукбликаялда кIиабилеб соналъ тIобитIулеб буго «Халкъалъухъа ярагъ бичун боси» абураб акция. Гьелъул хIасилалда, ярагъ босизе биччараб щинаб гIарац харж гьабунин, гIадамаз кьураб ярагъги, цереккун рукIарал прогнозаздасаги цIикIун бугин тIаде жубана Константин Томилиница. Хадубккун гьеб ярагъ Ростов икълималда бугеб хасаб полигоналда тIагIинабулила.

Лъималаз ярагъ кодобе боси кколин дандерижи, гьезда сверкухъ бугеб ахIвал-хIалалдайин рикIкIунеб буго психолог Анна Хныкиналъ.

Америкаялда гIемер рукIунила лъазариял лъималаз ярагъ хIалтIизабун ккарал лъугьа-бахъиназул, гьеб бугила хурхараб гьениб ярагъ гIемерго эркенаб куцалда хIалтIизабулеб букIиналда. Жакъа Россиялда эркенго ярагъ хIалтIизабизе изну кьунани, Америка кIочараб хIал букIинила гьаниб. ЖамгIият цебетIеяле къимат кьолила гьеб жамгIияталда лъималаздехун ва хераздехун бугеб бербалагьиялда рекъон. Нилъер улкаялда гьеб бербалагьи лъикIаб гьечIолъи якъинаб иш бугила.

Лъималаз ярагъ кодобе босиялъе аслияб гIилла, психологалъул пикруялда рекъон, буго цIакъ тIибитIараб виртуалияб хIал гьаби, ай телевизоралдасан, цогидал медиялъулал сурсатаздасан тIибун бугеб чIвай-хъвеялъу сценаби ругел кинлфильмал, хIаял ва расанкIаби.