Афгъанистаналъул президентасул рищиязул кампания байбихьана

Афгъанистан. Президентлъиялде кандидатазул дебатал. 16 февраль 2014.

Афгъанистаналъул президентлъиялде ункъго кандидатас шамат къоялъ жидерго программаби загьираруна гIемерал кIвар цIикIкIарал суалазда хурхун. Гьезул аслияллъун ккола тIалибазулгун кIалъа-басаял тIоритIи ва руччабазул ихтиярал цIуни. ГIаммаб къадаралда президентлъун вахъине 11 кандидатас къасд гьабулеб буго.
Афгъанистаналъул президентасул рищиял тIоритIизе руго исана 5 апрелялда. Цеве парламенталъул депутатлъун вукIарав Дауд СултIанзойица рагIи кьуна улкаялда хIинкъи гьечIолъиялъул шартIал щулалъизари мурадалда тIалибазулгун кIалъа-басаял тIоритIи.

Гьес абуна, паракъалъи гьечIолъиялъе аслияб гIиллалъун ккун бугин хIукуматалда ва халкъалда гьоркьоб халатаб манзил букIин.

Дауд СултIанзой: «Афгъанистан жиндир заманалда бикьун букIана Бонналда гьабураб хIукмуялъ. Ва гьелдалъун гьениб байбихьана жигьадги. Халкъ гъоркьлъалие босун бугоан.

Нижеца цIияб хIукумат гIуцIила халкъалъе хъулухъ гьабизе кIолеб. Ва нижер хиял буго халкъ борчиIзабизе гьениб бугеб ахIвал-хIалалъукьа».

ВукIарав губернатор Гуль ГIали Шерзайица лъазабуна жинца нейтралиял хIаракатчагIазул шура гIуцIизе бугин.

Гьезда гъорлъ рукIине ругин рухIаниялги, къвамазул церехъабиги, интеллектуалалги. Гьел киналго хIаракат бахъилин ракълилал кIалъа-басаял гьаризе.

Гуль ГIали Шерзай: «Нагьагьлъун дун президентлъун вахъани, дица гIуцIила лъидаго бачIеб джирга (ай – мажлис), ва халат рахъине руго гьоркьоса къотIарал ракълилал кIалъа-басаял.

Нилъее къваригIун буго Афгъанистаналда ругел тIалибазулгун къотIи гьабизе рес кьолеб лъикIаб механизм.

Гьединго хIажатаб буго дипломатикиял бухьенал щулалъизаризе Пакистангун гьебго ишкалалда бан.

Мисалалъе босани Гераталда, Кандагаралда, Жалалабадалда ва улкаялъул цогидал бакIазда дица Пакистаналъул бицен гьабизе буго гьеб улка - гьудуллъиялъул вацлъиялъул улка хIисабалда бихьизабун, цого мехалъ Афгъанистаналъул интересал цIунулаго. Иншааллагь, дица рекъел ва маслигьат щвезабизе буго».

Кандидатаз гьединго дандбана Афгъанистаналъул аскаралъул суал. Хасго букIине бугищ армия контракталдалъун хъулухъ гьабулездаса гIуцIараблъун ялъуни аскарияб хъулухъ гьабиялде ахIи базе кколин? Гьадинаб суал гьоркьоб лъун букIана.

Улка цIуниялъул вукIарав министр ГIабдул РахIим Вардакица абуна, гьединги додинги бегьулин, аммаила, тIаде жубана гьес жидеего бокьун хъулухъ гьабулелги рукIине кколин армиялда.

ГIабдул РахIим Вардак: «Контракталдалъун аскарияб хъулухъ гьабиялъул тIокIлъи буго гIадатияб системаялде данде ккун. Афгъанистаналда профессионалияб армия букIинчIо киданиги. Гьанжейин абуни гьадинаб армия буго. Ва гьелъул хIажалъиги кIудияб буго. Дида гьеб дурус гьабизеги кIола мисалалдалъун. Киналго гIунгутIаби нахъ чIванани, гьединаб армиялъ улка лъикIалан цIунилаан».

Амма ХIизб-и-Ислами абулеб фракциялъул рахъалъан кандидат Къутбуддин ХIилал гьелда разияв гьечIо. Гьес абулеб буго офицеразул корпус хIадур гьабиялъул хIалтIи щвалде щвараблъун букIине кколин,ва аскарияб хъулухъ гьабиялде мухъилал ахIизе кколин.

Руччабазул ихтиярал цIуниялъул суал дандбалаго киналго кандидатал разилъана – гьел лъикIалан цIунизе кколин абун.

Къутбуддин ХIилалийн абуна жамгIияталда руччабазе данде кколеб бакI шаргIалъ бихьизабун бугин.

Къутбуддин ХIилал: «ЧIужу-гIадан лъикIай тохтурлъун йикIине бегьула, лъикIай мугIалимлъун, инженерлъун, гьей политикаялдагиwby гIахьаллъизе бегьулин. Руччабазул ихтиярал гьай-гьай цIунизе ккола жамгIияталда, амма шаригIаталъул гIурхъабазукьа рорчIичIого».

Телевидениялдаса жидерго программаби загьирарулаго гьев ункъго кандидатас рагIи кьуна коррупциялде данде къеркьей гьабизе ва экономика цебетIезабизе. ХутIарал кандидатаз жидерго прогрраммаби загьираризе руго гьатIан къоялъ.