Лъудбузул агъида гъоркь...

Афгъанистаналъул лъиданиги бачIеб инсанасул ихтиярал цIунулеб комиссиялъул иргадулаб докладалда тIоцебесеб нухалда хъизаналда жанисеб зулмуялъул къурбан хIисабалда бицунеб буго бихьиназул хIакъалъулъ.
Жиндирго хъизаналъул рукъусан Сабур гочун вуго шагьаралъул рагIалде. Гьединаб къагIида гьесда бихьун буго рукъусеб зулмуялдаса хвасарлъиялъе бугеб цого-цо нухлъун. Бицен гьабулеб буго лъадиялъул зулмуялъул.

Сабур: «Нижер даимго рукIуна бахIсазе аргументал. Цо-цо нухалда лъадиялда кIоларо рагIабаздалъун пикраби загьир гьаризе, гьелъ кверал риччалал хIалтIизе.»

Гьедин бицунаго Сабурица бихьизабуна надилъ хъахIиллъараб ва тIом къотIизабураб бакI. Зулмуялъул багьанабазул бицунаго гьес дагьалъ нечIон кIвар буссинабулеб буго жидерго мискIинлъиялде, гIарац гIунтгутIиялде ва хIалтIи щунгутIиялде.

Сабур: «КIолеб гьечIо дида хIалтIи батизе, хъизан хьихьизе. Дун рукъуве чIового вачунев вугони, лъадиялъул ццим бахъуна. Цо нухалда гьелъ дир надилъ хьиталъул эгъе кьабуна. Дие бокьун гьечIо гьеб къватIиб чIвазабизе. Гьаб Афгъаниязул жамгIият ккола. ГIадамазда гьелъул хIакъалъулъ лъани, дун сурула, дир репутация хола.»

Гьедин букIаниги Сабурица хитIаб гьабун буго Афгъанистаналъул лъиданиги бачIеб инсанасул ихтиярал цIунулеб комиссиялъул бакIалъулаб бутIаялде. Сабурил ва цогидал бихьиназул гIарзаби рукIиналъ, комиссиялда бажарана афгъанистаналъул жамгIияталда гьединаб проблема букIин бихьизабизе.

Рехсараб комиссиялъ гьаб моцIалда биччараб докладалда кIвар буссинабулеб буго хъизаназда жанисеб зулмуялъул къурбаналлъун бихьинал лъугьунел хIужжаби улкаялда цIикIкIунел рукIиналде. Кинаб букIине бугеб гьелъул тенденция перспективалда, докладалда бихьизабулеб гьечIо. Жидеца гIарзаби кьурал бихьиназ инкар гьабулеб буго суалазе жавабал кьезе. Сабурги гьеб галиялде ине разилъана жиндирго хIакъаб цIар бицинчIого. Гьесул лъадиялъги инкар гьабуна Эркенлъи радиоялъул суалазе жавабал кьезе.

Афгъанистаналъул лъиданиги бачIеб инсанасул ихтиярал цIунулеб комиссиялъул докладалда рекъон, афгъанистаналъул жамгIияталда хъизаналда жанисеб зулмуялъул къурбаназул аслияб къадар ккола руччаби. Сексуалияб хIал гьабиялъул, хIал гьабун росасе кьеялъул, намусалъул чIваялъул ва цогидал хIужжабазул регистрация гьабун буго букIине кколеб къагIидаялда. Мисалалъе, гьеб комиссиялъ ва Руччабазул ишалъул министерлъиялъ 20I3 соналда жаниб сияхIалде босун буго хъизаназда гьабураб зулмуялъул 4000-гIанаб хIужжа. Гьелдаго цадахъ руччабазул агрессиялъул къурбаналлъун лъугьарал бихьиназда хурхараб къого гурони хIужжаялъул регистрация гьабун гьечIо.

Афгъанистаналъул лъиданиги бачIеб инсанасул ихтиярал цIунулеб комиссиялъул бутIаялъул бетIер Парвин РахIимица абулеб буго, хъизаназда жанисеб зулмуялъул къурбаналлъун бихьинал кколин I0 гIанаб процентин.

Парвин РахIими: «У, нижеца регистрация гьабуна хъизаназда лъадиялъ букIа, якьадалъ букIа бихьиназе зулму гьабиялъул. Амма рукъусеб зулмуялъул хасият аслияб къагIидаялда буго физикияб гуреб, психологияб.»

Мазари-Шариф провинциялда комиссиялъ регистрация гьабун буго бихьиназе зулму гьабиялъе лъабго хIужа. Хъазаналъул департаменталъул бетIер Фавзия Навабица абулеб буго гьел бихьинал кколин хIалтIи гьечIел 30 соналъул гIелалъул чагIийин. Гьез жидерго цIаралги рицунел гьечIин.

Фавзия Наваб: «Риидал нижер гьаниб букIана лъадиялъ россасул гьумералда зар кьабиялъул хIужа. Хадуб гьелъ нусги босун гьесул мотоциклалъул шина къотI-къотун бана. Гьелъул ццим бахъинабун буго, росас гьей ва лъимал пикникалде рачинчIого толел рукIиналъ. Гьелъул росас нижеде хитIаб гьабуна, хъизан ракълилаб хIалалде буссинабиялъе кумек гьарун.»

Навабица абулеб буго Афгъанистаналъул лъиданиги бачIеб инсанасул ихтиярал цIунулеб комиссиялъ захIмалъиялде ккарал хъизаназе чанги консультацияби гьарунин. Мисал бачун рехсарав чиясеги жидеца кумек гьабунин ва дагьабго гIараццин кьунин хъизаналде парахалъи нахъ буссиналъул хьулалгунин.

Навабил рагIабазда гьеб гIуцIиялъул улкаялда буго 34, ай, жиб-жиб профинциялда офис. Хъазамалда жаниб зулмуялъул къурбаналлъун лъугьарал гIадамазе кумек гьабулеб буго къасиги-къадги, бокьараб мехалда. «Нижехъе бихьиналги рачIине байбихьиялъ, бихьизабулеб буго, нижер гIуцIиялъул къадру цIикIкIунеб букIин.» - ян абуна буго Навабица.