Царнаевасда тlад диван байбихьулеб буго

Жовгьар Царнаев

Америкаялда 10 июлалда байбихьула Царнаев Жовгьарида тIад диваналъул процесс. Гьесда гIунтIизабулеб буго Бостоналда марафоналъул заманаялда теракт гьабиялъул, пасалъи гьабулеб ярагъ хIалтIизабиялъул ва ункъго чи чIваялъул гIайиб. Гьев гIайиб бугевлъун лъазабуни, гьев чIвазе яги гIумруялъго жанив тIамизе хIукму къотIизе рес буго. Теракт гьабиялда щаклъи бугев Жовгьарил кIудияв вац Тамерлан чIван вукIана полициялъулгун ккараб кьвагьа-гIанхъиялда. Гьезул эбел-эмен гьабсаг1аталда Дагъистаналда, Мах1ачхъалаялда руго. Гьез инкар гьабун буго Америкаялде ине.

Америкаялъул къанун цIунулез лъазабун букIана Жовгьар Царнаев мукIурлъанин гьеб теракт жиндир вац Тамерланица гьабиялъе. Полициялъ кколеб мехалда тIурулев вукIун чIвана Тамерлан.

Жовгьар Царнаевасе диваналъ къотIизе рес бугеб хIукмуялда тIасан ЭР-ялъ кьураб суалалъе гьесул эбел Зубейдат Царнаевалъ жаваб кьуна жиндир хьул бугин гIицIго ТIадегIанав Аллагьасде. Амма жибго диваналдаги Жовгьарида хурхун гьабураб цIех-рехалдаги тIасан радиоялдасан баян кьезе инкар гьабуна гьелъ.

Зубейдат Царнаева: «Дица кутакалда гьарула нужеда тIаса лъугьайин. Амма интервью кьезе кIоларо. Щайин абуни Жовгьарида цадахъ хIалтIулел адвокатаз цIакь кьварун лъазабуна нижеда прессаялъулгун киналгIаги гара-чIвариял гьаругеян. Щайгурелъул гьелъ гIадамазда гьоркьор рижизаризе бегьулелъул нижее къабулал гурел батIи-батIиял пикрабиги харбалги. Нижеца кьураб баян журналистаз дагьа-макъаб тIаса къотIизе, яги мекъи къватIибе кьезе рес буго. Гьелъин абуни нижее, дир васасе зарал гьабизе рес буго».

«Би Би Си» телекомпаниялъ тIибитIизабун букIана Жовгьар Царнаевасе диван гьабулеб мехалда гьесул эбелги ячIине йигин Америкаялде. Амма нахъисеб къоялъ ЭР-лъе кьураб баяналда Зубейдатица бицун букIана Жовгьарие квеш ккезе бегьулин абун, жинца инкар гьабизе кколеб бугин гьеб сапаралдаса. Гьеб мехалдаго гьелъ бицун букIана Жовгьарица гьарун туснахъалде Къуръан бачIун бугиланги.

Хас гьабун Царнаевазул ишалда хадуб халкколел гIадамал къанагIатги данчIваларо Дагъистаналда. Щайин абуни, цин бугони, батIияб пачалихъалъул жиндирго ишин толеб буго гьез гьеб. КIиабизе бугони, гьезул тIубан божилъи гIолеб гьечIо цIех-рехалда. Гьелда бан дагъистанияз ракIалде щвезарула республикаялда ва Россиялда гьединаб ахIвал-хIалалде ккарал гIадамазул ихтиярал хвезарулеб куц. Масала, террористал абун цIарги чIван, гIемерисел чIвала хасал операциязда. Низам цIунулез унголъунги террористаллъун рикIкIуна гьел. Амма гIагарлъиялъ абула террористалищ, гурелищали чIезабизе диван щайин гьединал чагIазе гьабулареб.

ПалхIасил, ЭР-гун гара-чIвари ккарав Дагъистаналда машгьурав цо адвокатасги гьединабго пикру загьир гьабуна. Гьес гьарана радиоялдасан жиндир цIар бицунгеян.

Адвокат: «ГьабсагIаталда дунялда кколебщинаб жо буго аслияб куцалда кинаб букIаниги улкаялда ругел политикиял мурадалги хIисабалде росун кколеб. Гьедин гьанже терроризмалда сверухъ буго кинабго сверулеб. Цо лъие бугониги къваригIун буго гьеб терроралъул тема хас гьабун Америкаялъул Цолъарал Штатазда хурхинабизе. Царнаевазул суалалде руссани, дица гьелда хадуб халккун гьечIо. Дие гьелъул кинабгIаги кIвар гьечIо. Информация тIибитIизабулел алатаздаги тIири божуларо дун. Кинаб букIаниги суал баккидал, лъиедай гьеб къваригIун бугебин ракIалде ккезе ккола. Масала, Бостоналда гьабун буго теракт. Кавказиязда тIад чIезабулеб буго гьелуъл гIайиб. Гьелеха, лъие гьеб къваригIун бугеб? Цо нухалъ Чачан Республикаялъул нухмалъулев Рамзан Къадировас абулеб рагIун букIана дида Бостоналда ккараб гьеб теракталъул цIех-рех кинан гьабурабалиги халгьабизе кколин жеги. Дир хIисабалда, гьев витIарав вуго. Гьединаб акт кин доба ккезе рес бугеб? 11 сентябралда гьабураб терактго гIадинха. Цин абулеб букIана гьелъие гIайибияв Бен Ладен вугилан. Гьанже тIубан батIайисан бицунеб буго хабар - ЦРУгицин бугин гьелда гъорлъилан. Гьелдаса хадур щал гьезда божулел?»

Гьелдаго цадахъ цIакъго дагь руго Америка ритIухъ гьабун, вацал Царнаевазде гIайиб гьабун кIалъалел дагъистаниялги.

Исана апрелалда Бостоналда гьабураб теракталда бан Жовгьар Царнаевасде гIунтIизабулеб буго 30 пункталда хурхун гIайиб. Гьезда гьоркьоса 17 буго чIвазе къотIиялда хурхараб гIайиб. Цебеккун Америкаялъул къанун цIунулез лъазабун букIана Жовгьар Царнаев мукIурлъанин гьеб теракт жиндир вац Тамерланица гьабиялъе.

Гьеб мехалда гIумруялдаса ватIалъана 3 чиги Царнаевал кколаго цо полициявги, лъукъана 264 чи.