Россиялда лъагIалие бичулеб буго 500 000гIан гьересияб диплом

ЦIияб соналъул байрамазда хадуб россиялъул студентаз байбихьун буго жалго цIалулел тIадегIанал идарабазда экзаменал кьезе ва курсалъулал абулел хIалтIаби цIунизе. Амма Эркенлъи Радиоялъ гьабураб цIех-рехалъ бихьизабулеб буго Россиялъул цIалул идарабазда цебегогIадин цIализе ва хIалтIизе бокьуларел студентазул къадар дагьлъулеб гьечIолъи. Жидерго гIелмиял хIалтIаби хъвазе гьез гIарацги кьун тIамулел руго цоги гIадамал.
Россиялда гьабсагIат гIемерисел студентал руго тIецебесеб бащдаб лъагIалил экзаменал кьолел ва гIелмиял хIалтIаби цIунулел. Амма гьезул цо-цоязда батулеб буго гьелъие бигьаяб нух. Гьез гIарацги кьун кколел руго жидеего гIелмияб хIалтIи хъвазе хасал гIадамал. Экспертазул пикруялда гьединал жалаз кьалбалъан туризабулеб буго Россиялъул лъайкьеялъул беццараб система.

Лайсан йиго Татарстаналда гIумру гьабулей гIолохъанай гIадан. Гьелъ бетIербахъи гьабулеб буго батIи-батIиял студентазе батIи-батIиял темабазда тIасан гIелмиял хIалтIаби хъваялдалъун.
Гьелъул рагIабазда рекъон, студентазда гьоркьор гьелъул хIалтIаби машгьурал руго ва клиентал гьечIого гьей хутIулей гьечIо.

Лайсан: «Дица хъвалеб хIалтIул багьа 5000 гъурщидаса гъоркье букIунаро. Жеги дун балагьула чиясда кигIан кьезе кIолебалиги. Щивасе багьа хас гьабун чиясухъ балагьун чIезабула. Дица хIалтIи хъвалаго интернеталдаса щибго босуларо. Дица дирго гIелмияб цIех-рех гьабула библиотекабазда. Дие кIудияб кIвар буго дир профессионалияб репутациялъул ва дие бокьун гьечIо клиентаздаса махIрумлъизе».

Татарстаналъул тахшагьар Казаналда университеталъул документал рагьун ричулел рукIуна ва ЛайсангIадал гIадамаз жидеего реклама рагьун гьабулеб буго социалиял сайтазда.

Искандар Ясавиев вуго Казаналда бугеб федералияб университеталъул социологиялъул рахъалъ профессор. Гьесул пикруялда, гьединаб практикаялъ цIалул стандартал гIезегIан гIодорегIан гьарулел руго.

Искандар Ясавиев: «ХIакъикъаталдаги гьединаб практика гIатIидго тIибитIун буго. Лъай кьеялъул процессго гьелъ гIахьучIазде сверизабун буго».

Ания Гийматдиновалъ гьебго университеталда лъазабулеб буго татаразул филология ва тарих. Гьелъул рагIабазда рекъон, гьелда цадахъ цIалулезул бащдаз кколел руго гIарацги кьун жидерго бакIалда хIалтIаби хъвазе гIадамал ва мугIалимзабазда гьеб лъалеб букIаниги квер хьвагIун толебги буго.

Ания Гийматдинова: «Судентазул гIага-шагарго бащдаз гурони жидерго хIалтIи жидецаго хъваларо. ХутIараз гIадамал кколел руго гьеб хъвазе. Дида лъалезда гьоркьорги руго гьединал. Гьез цIализе ва хIалтIаби хъвазе бажаруларого гуреб гьел кколел ругел, жидерго кIвахIаллъиялъ кколел руго» .

Россиялда чияе гIелмиял хIалтIаби хъвалезул къадар кигIан бугебали абизе бажаруларо. ГьечIо гьединаб статистика.
Цо-цо цIалул идарабаз хIаракат бахъулеб буго гьеб проблема тIагIинабизе, масала чияца хъвараб хIалтIигун вачIарав студент гьединал идарабаздаса нахъе рехулев вуго.

Илья Рассолов хIалтIулев вуго Москваялъул дармилгун экономикаялъул университеталда.

Илья Рассолов: «Гьеб проблемагун къеркьезе университетазул руго жидерго эффективиял механизмал. Кафедралъул нухмалъулев хIисабалда дица абила нижеца щибаб санайил хисулин гIелмиял хIалтабазул темабиян. Нижеда цебе жеги лъицаниги киданиги хъван рукIинчел темаби ургъула нижеца гьел хIалтабазе. Гьединаб темаялда тIасан дипломалъулаб щиб курсалъулаб хIалтIицин гIелмабазул киналго гурел кандидатазда хъван бажарулел».

Казаналъул университеталдаса Ясавиевас абулеб буго гьеб проблемаялъул гIайибиял цохIо студентал кколарин.

Искандар Ясавиев: «Балъголъи гуро мугIалимазул хlалтlи гlемарб букlин ва щибав студентасе кколеб заман кьезе гьезда бажарулареблъи. Студентазе гlелмияб нухмалъи гьабизеги гьезул рес рекъоларо цо-цо мехалда. Студентазда мугlалим гIелмияб х IалтIи цIунизе к Iиго анкь ругони хутIичIеб мехалда вихьаралги руго хIужаби. Гьединлъидал гьел рортулел руго хIадурал хIалтIаби росизе. Гьеб цо студентазул гуреб Россиялъул лъайкьеялъул системалъулго проблема буго».

БатIи-батIиял цIалул идараби лъугIанин дипломалги гIелмиял цIаралги цIунанин абурал гьереси-документал Россиялда тIадегIанал хъулухъчагIазулцин ратулел руго.
Масала, Пачалихъияб Думаялъул лъайкьеялда сверун комитеталъул нухмалъулев хисулев абураб хъулухъ тезе ккун букIана депутат
Владимир Бурматовас араб соналда гIелмабазул докторасул диссератация хъвалаго гьес чияр хIалтIуда тIасан хъван ай плагиат гьабун батидал.

Россиялъул къануназда рекъон, плагиат буго тамихIалде цIалеб такъсир.

2006 соналда Архангельскалъул мэрлъун вукIарав Александр Донской цо соналъ туснахъалъув тIамун вукIана гьереси-дипломал росаралъухъ.

Россиялъул Президент Владимир Путинги дандчIван вукIана 1997 соналда плагиаталъул проблемагун Санкт-Петербургалъул мугIрузул институталда гIелмияб цIар цIунулаго. Америкалдаса цIех-рехчияс чIезабун буго Путинил диссертациялъул 16 гьумер Питтсбургалъул университеталъул кIиго профессорасул хIалтIудаса рагIи хисизабичIого босараб бугин.
Гьел гIайибал Путиница кIвар кьечIого тун руго.

Руго Россиялда цIализего лъугьинчIого гьересиял дипломал росулелги. Метроялъул станцияздацин рукIуна гьел ричулел. Руго гьел ричулел гIемерал сайталги. Масала аспирантура лъугIанин абураб диплом босизе бегьулеб буго 1000 долларалде.


Цо-цо баяназда рекъон, Россиялда лъагIалие бичулеб буго 500 азаргогIан гьересияб диплом.
Гьединазулги гIемер бицуна информалатаз. Масала инженерасул гьересияб диплом бугев чияс лъагIалица Сибиралъул цо аэропорталда хал гьабулеб букIун буго авиациониял моторазул. Цоги мисал, Россиялда 2007 соналда бищунго лъикIавин лъазавурав магIалимасулги батун буго гьереси-диплом.

2010 соналда Россиялъул РикIкIадисеб машрикъалъул регионалда Sukhoi абулеб аэроплан гьабулеб заводалда 70 хIалтIухъанасул батун букIана бакIалъул техникияб колледжалъул гьереси-диплом.
Амма заводалъ инкар гьабун букIана гьел чагIи хIалтIудаса рехизе, гьеб гьедигIан кIудияб такъсир гуринги абун.

Гьеб заводалда гьарула Су-27, Су-30 ва Су-35 рагъулал аэропланалги цIияб Superjet 100 абулеб пассажирал рачIчIулеб аэропланги. Араб соналда Superjetалъе 45 чигун тIад Индонезиялда ккун букIана катастрофа. Хун рукIана гьелъул киналго пассажирал.

Наил Хисамиев ва Клэр Бигг