Щиб хисизе бугеб цIияв нухмалъулес?

МахIачхъалаялда балагьун руго республикаялъул цIияв нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIипов Москваялдаса щвезегIан. Республикаялда бицунеб буго гьев вачIигун регионалъул тIадегIанал нахмалъиялъулал хъулухъазда рукIине бегьулел хиса-басиязул.

Президентасулъ хъулухъалда тIамун вугилан официалияб лъазаби баккарабго Рамазан ГIабдулатIиповас «Новая газеталъе» бицана Дагъистаналъул хIукумат цIияб гIуцIизе бугин. ХIукуматалъе нухмалъи гьабизе кколезул чанго цIар бугин жиндихъ, амма гьабсагIат гьезул цIарал рехсезе цудуго бугин тIадеги жубана. БатIи-батIиял информалатазул лъазабиязда рекъон, парламенталъул спикерги хъулухъалдаса ине рагIула. Гьесие кьолеб буго экспертаз Пачалихъияб Думаялда живго Рамазан ГIабдулатIиповасул букIараб бакI. Дагъистаналда хъулухъал рикьулеб гIадаталда рекъон тIоцебесеб лъабго хъулухъ бикьизе ккола лъабго бищун кIудияб миллаталда гьоркьоб.

ГьабсагIат мухIканго бицине бегьула, президентлъун аварав Рамазан ГIабдулатIипов вачIун хадув хъулухъалдаса ине ккола цойги аварав – ХIукуматалъул нухмалъулев МухIамад ГIабдулаев. ЦIияв нухмалъулев вачIингун цIиял хъулухъазе гIоло къеркьолел къуватазул хIакъалъулъ «Эркенлъи» радиоялъе бицана «Настоящее время» газеталъул бетIерав редактор Милрад Фатуллаевас.

Милрад Фатуллаев: «Кадровиял хиса-басиязул хIакъалъулъ гьабсагIаталда лъалеб жо буго тIабанго ХIукумат хисулеб букIин. Дида ккола гьеб битIараб бугин, щайгурелъул гьоркьо-гьоркьор къваригIуна гьединал тадбирал, хIалтIи чIаголъизабизе ккани. КIиабилеб – парламенталъул бицани, гьенир хиса-басиял рукIинин кколаро, щайгурелъул Дагъистаналъул парламенталъ щибниги хисизабулеб жо гьечIо ва ГIабдулатIиповасда цере лъурал масъалаби гьез роцIцIанаро. Премьер-министрлъун Хизри ШихсагIидов вукIине вугилан бицунеб буго цо-цо экспертаз ва тIалъиялдехун бухьен бугел хасал гIадамаз. Гьелда дун божула, щайгурелъул гьев вуго Р. ГIабдулатIиповасулгун гьудуллъиялъулал гьоркьорлъабиги ругев, живгоги лъарагIав. Парламенталда щив вукIине вугевали захIмат буго, щайгурелъул гьев вищизе ккола депутатаз. Гьенир ругел депутатазул къокъабиги руго гIемерисел ялъуни МухIамадсалам МухIамадовасул ялъуни Саид Амировасул. Бицунеб буго Саид Амировасул вас МухIамад Амиров вачIине вугин спикерлъун, гьебги букIине бегьула, щайгурелъул С. Амировасул интересал цIуничIони Р. ГIабдулатIиповасе захIмат букIине буго хIалтIи гьабизе. Цоги дихъе щварал баяназда рекъон Саид Амиров ва гьесда сверухъ ругел къеркьолел руго премьер-министрасул хъулухъалъе гIоло».

Гьев вукIана «Настоящее время» газеталъул бетIерав редактор Милрад Фатуллаев.

Республикаялъул бетIер хIисабалда тIалъиялде вачIарав Рамазан ГIабдулатIиповас кIудиял хиса-басиял гьариялда божулев гьечIо журналист ва Шималияб Кавказалъул проблемабазул рахъалъ эксперт Константин Казенин. Гьесул пикруялда рекъон цIияв нухмалъулев вукIине вуго цевесесул асаралда гъоркь, щайгурелъул гьев хъулухъалдаса гъоркь хутIун гьечIо. Кремлиялъул администрациялдаса Дагъистаналда гьабулеб политикаялда кIудияб асар гьабизе буго МухIамадсалам МухIамадовас абун рикIкIунеб буго гьес.

Константин Казенин: «ТIоцебесеб иргаялда дица рикIкIунаро МухIамадсалам МухIамадов хъулухъалдаса анилан, щайгурелъул гьесул цIияб хъулухъги кIудияб хъулухъ буго. Ахирисел баяназда рекъон гьес гIага-шагарго миллиял гьоркьорлъабазда хурхарал суалал роцIцIине руго. Гьелъул магIна ккола ккола гьес гIемерисеб мехалъ Дагъистаналъул цIияв нухмалъулесул хIалтIуе къимат кьезе бугин абураб. ЦIияб политикияб ахIвал-хIалалда рекъон, гьесул Дагъистаналда бугеб асар жеги цIикIкIараб букIине бегьул гъоркь букIаралдаса. Щай гьев хъулухъалдаса арав абураб суалалъе жаваб кьезе бегьула Р. ГIабдулатIиповасул тIоцересел галабазухъ ралагьун. ГьабсагIаталда республикаялда бугеб политикияб система гIуцIун буго гьенир тIалъиялда сверухъ ругел тухумазе данде кколеб къагIидаялъ. Гьез тIалъиялда асарги гьабула къуваталдалъун. Гьеб система хисизабизе кIолин ГIабдулатIиповасда абун дида кколаро. Хиса-басиял гьаризе ккеялда щаклъизе бакI гьечIо, амма гьел хиса-басиял гьарулел технологиял жеги лъиданиги лъалел гьечIо, балагьилаха цIияв нухмалъулесда лъалел ругищали. Сон ГIабдулатIиповас гьабураб гара-чIвариялда рекъон гьес ХIукумат хисулеб буго, амма гIемер чагIи гьенир хисилин кколаро, щайгурелъул Дагъистаналъул ХIукуматалда руго цо-цо хIалтIи гьабулел чагIи, жидер бакIалда лъезе чагIи гьечIел. Гьел ккола профессионалал-технократал, гьединал хутIула кинав премьер вачIаниги».

Гьев вукIана журналист, Шималияб Кавказалъул суалазул эксперт Константин Казенин.

Цогидал экспертазул пикруялда рекъон, жеги лъалеб гьечIо Рамазан ГIабдулатIипов Кремлиялъ Дагъистаналде заманаялъ витIун вачIарав чийищ, ялъуни хадусеб болжалалъ президентлъун вукIине хIадурулев чийищ. Кинабго бихьизе буго гьес жиндирго хъулухъалда гьарулел тIоцересел галабазухъ балагьун абун рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчи ГIисалмухIамад Набиевас. Гьесул пикруялда рекъон кинабго бараб букIине буго Кремлиялъ кьурал ихтияразда бараб.

Гьелдаго релъараб пикру загьир гьабулеб буго кавказовед Энвер Кисриевас. Кремлиялъ къойидаса къойиде цIикIкIинабулеб буго федералияб тIалъиялъул асар регионазда, амма гьеб цIикIкIанагIан Дагъистаналда ахIвал-хIал хIалуцунеб бугин, ГIабдулатIивасе цIиял ихтиярал кьечIони щибниги хисизе гьечIин хъвалеб буго гьес. «Регионалъул нухмалъулесулъ гьечIо проблема, Кремлиялъ Дагъистаналда гьабулеб политикаялъулъ гурони» абун баян кьолеб буго гьес «Public Post» абураб агентствоялъе.

Ахиралда Рамазан ГIабдулатIиповасда сверухъ ругел чагIаз кьурал баяназда рекъон, премьер-министрасул хъулухъалде хIадурулев рагIула вице-премьер Мухтар Меджидов, спикерасул бакIалде Пачалихъияб Думаялъул депутат Хизри ШихсагIидов.