Рагъ лъугIараб мехалда Чачаналъги чанго нухалда лъазабун букIана амнистия. Кинабха букIараб гьениб гьелъул хIалбихьи ва рес бугищ Дагъистанияз гьезул хIалбихьиялдаса пайда босизе.
«Познер» абулеб телепрограммаялъе интервью кьолаго ГIабдулатIипов Рамазаница абуна, журналист АхIмадова Маринаца жиндихъе кагъат битIанин, ракълилаб гIумруялде тIад руссине бокьулел яргъид гIуцIаразе амнистия гьабизе гIаммал гьабеян гьарун.
Россиялъул конституциялда рекъон таксирчагIазе амнистия гьабиялъул ихтияр кьун буго Пачалихъияб Думаялъе. Ва амнистия къукъабазе гуро - цо-цо хасал гIадамазе гьабулеб буго.
Амнистиялъул акталда кIола такъсирал гьарулел гIадамазда бугеб жавабчилъи нахъе бахъизе, ялъуни дагьалъниги тамахаб тамихI гъозие гьабизе.
РакIалде щвезабизин, Чачан республикаялда букIараб рагъулаб дандечIеялъул гIахьалчагIазе амнистия лъазабун букIана кIиго нухалъ – 1997 соналда ва 2007 соналда.
Кинаб дарс доб кIиябго амнистиялъ Дагъистаналъе кьураб? БукIанищ гьеб пайдаяблъун? Гьадинаб суал нижеца кьуна Норвегиялъул Хельсинкиялъул комитеталъул вакил Гисаев АхIмадие.
Жиндир заманалда гьев вукIана Чачаназул Ичкерияилан абураб республикаялъул низам цIунулев хъулухъчилъун. Чачанлъиялда букIараб тIоцебесеб рагъдаса нахъе Россиялъул низам цIунулез гьесие диван гьабун, гьев туснахъалде тIамуна. Доба гьесие гIазаб-гIакъуба кьолеб букIана. Страсбургалъул диваналъ хадуб гьев ритIухъ гьавуна.
АхIмад Гисаев: «ТIоцебего абуни, ГIабдулатIиповасда кIоларо цониги чиясе амнистия гьабизе. Щай, шай гурелъул гьеб гьесул ихтияр гьечIелъул. ГIадатияб къагIидаялда гьединал ишал гьарулел руго ХIинкъи ГьечIолъи ЦIунулеб Федералияб Хъулухъалъ ялъуни цогидаб федералияб идараялъ.
Гьез хIалтIизарулел руго гьединал суалал. КIиабизе - Чачан республикаялда букIараб амнистия ракIалде швезабуни, абизе ккараб буго дол киналго гIадамаз чара гьечIого хадур гьадиналго рагъулал къукъабазде гъорлъе журан, долго рагъулал такъсирал гьарулаан.
Масала - гIадамал рикъиялъул, гъозие гIазаб-гIакъуба кьеялъул. Ялъуни гьединал гIадамазде ахир-къад цIиял гIайибал ургъунго гIунтIизарулаан. Гьезие диван гьабун, гьел жанире тIамулаан Россиялъул рикIкIадал бакIазда.
Лъабабизеги, ГIабдулатIиповас хIадур гьабулеб гьеб жигаралдалъун цо-цо гIадамазда тIаса лъугьине кканиги, гьел гIадамал захIматаб ахIвал-хIалалда хутIила. Гьеб уяб жо буго».
Россиялъул тIадтараз гьадин лъазабун букIана амнистиялъул аслияб мурад: Чачан республикаялда гражданияб рекъел ва Россиялъул Федерациялда маслигьат чIезаби.
Аммаила, абулеб буго Гисаев АхIмадица, Шималияб Кавказалда халат бахъунеб рагъулаб конфликталъул жавабчилъи хасго россиялъул ва бакIалъулал тIадтаразда бугин.
АхIмад Гисаев: «ЖамагIаталъул киналго гIаркьелазул интересал гIадахъ босулеб щибаб хIалбихьи пайдаяблъун рикIкIине ккола, дир пикруялда. Амма Федералияб центрги бакIалъулал тIадтаралги жидеде данде рагъдолелгун диалогалде ва маслигьаталде жеги хIадурал гьечIо.
ХIисаб гьабуни абизе бегьула гьеб рагъулаб дандечIей Федералияб централъ багъаризабун бугин, провокациониял ишал гьарун. ГIадамазе гIакъуба кьеялъ, гьел рикъиялъ ва гьабулеб цогидаб зулмуялъ гIолохъанал рагъде руссинарулел руго».