Барак Обама Хиросимаялде щвана

«КIудияб Анкьилалъ» Япониялда тIобитIараб саммиталдаса хадув СШАялъул президент Барак Обама Хиросимаялдеги щвана. Хъулухъалда вукIаго гьеб шагьаралде сапар гьабурав СШАялъул тIоцевесев президент ккола гьев.

Цебеккун журналистаз Япониялъул премьер-министр Синдзо Абэда гьикъулеб букIана Перл-Харборалде щвезе вугищин мун Обамагун цадахъилан. Амма гьес гьелъие жаваб кьечIо. 1941 соналъул декабралда япониялъулаз Тихий океаналда бугеб СШАялъул базаялде гьужум гьабун хадуб Америкаги жубана рагъде.

Гьединго Барак Обама Хиросимаялде ине хIадурулелъул, батIи-батIиял пикраби загьир гьарулел рукIана гьес тIаса лъугьин гьаризе кколищин Америкаялъ Хиросимаялде бомбаби рехаралъухъилан. Президентасул кумекчагIаз абуна гьес гьеб гьабизе гьечIин. Щайин абуни Обамаде щвезегIан гьеб гьабизе кколаанин цогидал президентаз, гьединго япониялъулазги официалияб куцалда Обамадаса тIалаб гьабулеб гьечIин тIаса лъугьин гьари.

1945 соналъул 6 августалда Хиросимаялде бомбаби рехиялдалъун гьенив гIумруялдаса ватIалъана кинавниги 140 азарго чи.