Дагъистаналда букIине буго 3D тайпаялъул нух

Дагъистаналда ахиралде щолеб буго «Формула-1» абулеб тайпаялъул нух болкъинабулеб хIалтIи. Гьеб буго 3D технологиялъул хIалтIи.

Your browser doesn’t support HTML5

Дагъистаналда букIине буго 3D тайпаялъул нух

Дагъистаналъул инжереназ абулеб буго Хьаргаби ва Хунзахъ мухъазул гIадамазда кIвела чIухIизе, гьанже жидерго бакIалдаги гьадинаб нух букIиналдаса. Гьадинаб технология тIоцебесего хIалтIизабун букIана Сочиялда автодром балеб мехалда.

Гьеб иш унеб буго компьютеразул ресаздалъун. Инженераз абулеб буго, гьелдалъун рукIине бегьулел гъалатIал цереккунго нахъ чIвазе ругин. Нух бокъинабулеб буго миллиметралъул мухIканлъигун.

Инженераз компьютералде росула нухлул параметрал ва хутIараб хIалтIи робототехникалъ гьабулеб буго.

ГIадатияб грейдералъул кабина аттракционалда релъараб буго. Гьениб буго джойсикги, сенсорияб мониторги. Амма шоферасда тIадаб буго машина бачине, щай гурелъул гьениб компьютералъул интеллекталда божизе бегьуларо.

ЦIиял стандартаздехун дагъистаналъул инженерал руссинехъин руго гьаб гIагардисеб заманалда, байбихьуда хIалбихьи гьабун. Амма иш ахиралде щун гьечIониги, нухда рихьула игитазго гIадин автомобилал рачунел шоферал.

Гьезие бокьилаан гIадада гIемераб нух гьабичIого, жиндирго хIалбихьи тIобитIизе.

Гьаб цIияб технология гьединго билълъанхъизабулеб буго Грозный-Болъихъ-Хунзахъ абулеб нухлул 110-117 километралъул манзилалда.

Инженераз абулеб буго кватIичIого хIатта Лада автомобилалъул шоферазда кIвела болидалъул пилотазулгун къацандизе.

Щибха кколеб нухлул 3D абулеб система? Гьелъул аслулъун ккола лъабго роцадул дигиталияб модель.

ХIадурараб файл автомобилалъул алаталде босула, ва машина бачунеб мехалда гьеб алаталъ кинабго бихьизабулеб буго автоматикияб къагIидаялъ.

Бекериялъухъ хал-щал гьабулеб буго ГЛОНАСС абулеб системаялъ. Гьелъул станцияз жидерго ресал хIалтIизарун мухIканал координатаби чIезарулел руго. Гьадинаб цо станциялъул рес буго цого мехалъ цо чанго автомобилалда хадуб хал кквей гьабизе.