Туркиялда нухмалъиялъулин рикIкIунеб РитIухълъиялъул партиялъул цевехъанлъиялде вищана гьеб партия гIуцIизе квербакъаразул цояв, гьединго транспорталъулгун коммуникациязул министрлъун кколев Бинали Йылдырым.
Гьев рикIкIуна Президент Реджеп Эрдогъанил ишцадахъавлъун. Гьединлъидал гьанжеялдего президентасул ихтиярал цIикIкIинаризе ккеялъул бицун кIалъана гьев. ЦIияб конституция къабул гьабиз кколинги абуна. Бицен гьабулеб партиялъул нухмалъиялде Йылдырым вищи хурхинабулеб буго кватIичIого хIукуматалъул бетIерлъун гьев тIамизе вукIиналдаги. Бинали Йылдырым нухмалъулевлъун вищараб партиялда бетIерлъун вукIана АхIмад Давутогълу. Реджеп Эрдогъанилгун рагIиги данде ккечIого гьев нахъе ана.