"Путинил маскаялъухъ" гIакIа къотIана

Москваялъул Тверской диваналъ 10 азарго гъурщил гIакIа къотIана Россиялъул президент Владимир Путинил маскаги ххун хьвадулаго 5 маялда гьенив ккурав Виктор Капитоновасда тIад. Гьединан хъвалеб буго гьес фейсбукалда.

"Не боюсь 212.1" абун тIад хъварал маскабазе гIоло Виктор Капитоновасда цадахъго ккун вукIана Игорь Клочковги Роман Рословцевги. Амма гьев Рослоцев ккуна маска ххелалдего.

Гьел лъабаздехун низам цIунулезул дагIба буго гIадамал ракIарараб бакIалда тIобитIулеб тадбиралъул низам хвезабунилан.

Гьел маскаби ххеялдалъун Россиялъул Къануназул 212. 1 абилеб статьяялда дандечIей бихьизабизе къваригIун букIун буго гьел лъабазего. Гьеб ккола митингаздагун халкъ бакIарараб данделъиялда гIадлу хвезабуралъулъ гьабураб тамихI бихьизабулеб къанун.