Парижалдаса Каиралде боржунеб букIараб аэроплан тIагIана

18 маялъул сардилъ Парижалдаса Каиралде боржунеб букIараб EgyptAir компаниялъул аэроплан ккараб бакI лъалеб гьечIо жеги.

Ракьалдаса 11 300 км-алъ тIаде бахараб мехалда тIагIун буго гьеб радаразул экраназдаса. Гьеб заманалда аэроплан Египеталъул мухъалдехун щун букIун буго. Цо-цо баяназда рекъон, дунялалда гьоркьосеб ралъдалъе (Средиземное море) бортизеги рес буго аэроплан. Амма диспетчеразул рагIабазда рекъон, тIагIиналде чанго минуталъ цебеги рорженалъе щибгIаги квалквал букIун гьечIо.

Аэропланалда тIад вукIун вуго 56 чи (экипажалъул 10 чиги). Ралъдалъ гьеб балагьулеб буго Грециялъулги Египеталъулги рагъулал къуватаз.