Your browser doesn’t support HTML5
ГIадамазул харжал ва пенсиял тIаде цIикIкIинаричIогон, гIаксалда гьел мукъсан гьаризе рес буго. Экономистаз гьелда бан лъазабулеб буго мискинлъиялда ругел гIадамазул къадар 2017 соналдехун цо миллионалдасаги тIаде цIикIкIине ругин, гьеб проект гIумруялде бахъинабунани.
2016-2019 соназул макроэкономикаялъулаб прогнозалда рекъон, Россиялъул Экономикияб цебетIеялъул министерлъиялъ лъазабулеб буго улкаялъул экономика нахъе ккеялдаса цIуниялъе гIоло 2016-2017 соназда реалиял мухьал, ай харжал ва пенсиял тIаде цIикIкинаричIого тезе ккезе ругин, гIаксалда гьел дагь гьаризеги кколин. Хадубккун, 2018 -2019 соназда гьел нахъеги тIаде цIикIкIинаризе рукIине.
Гьедин лъазабулеб буго «Коммерсантъ» газетаялъ. Масала тIаде щолел харжал дагь гьаризе рес буго 2016 соналда 3 проценталъ, пенсиял абуни дагь гьаризе руго 5 проценталъ.
Экономистаз гьелда бан лъазабулеб буо улкаялда мискинлъиялда ва цIакъго мискинлъиялда ругезул къадар цIикIкIине бугин. ГьабсагIаталда мискинлъиялда ругел гIадамазул къадар Россиялда бащалъулеб буго 13 проценталда. 2017 соналде гьединазул къадар цо проценталъ бахине бугин баян гьабуна гьелда бан «Эркенлъи» радиоялъе экономист Халил Халиловас.
Улкаялда хIисаб гьабун босанани, цо процент кколила цо миллионалдаса цIикIкун ци - 1,5 миллионалъ тIаде цIикIкIине ругила мискинчагIи.
Халил Халилов: «МискинчагIазул къадар улкаялда цIикIкIине буго. Гьез харжал ва пенсиял цIикIинариялде лъазабулеб мораторий хIалтIулебгIан заманалда жаниб, ай 2018 соналде щун, улкаяда 1,5 миллионалъ цIикIкIине руго мискинчагIазул къадар, ругел 13 процент мискинчагIазде тIадеги.
Гьединго, гьабсагIат улкаялда къайиялъул бича-хиси дагьлъун буго. Гьеб дагьлъун буго лъалаго, 10 проценталде щун. Россиялъул тарихалда жаниб букIинчIо гьединаб жо. Мораториялъ абуни, къайиялъул бича-хисиялдеги кьаби щвезабизе буго.
Парламенталде ва рукIинесел президентасул рищиязда цере гьединал лъикIал гьечIел дандерижиял гьеб программаялъул ругониги, абизе ккола пачалихъалъ улкаялъул экономикияб структура хисизабиялъе гьабулеб жо бугин гьеб».
Экономистат баян гьабуна, ахирияб мурад гьел хиса-басиязул ругила халъкалъул бугеб гIарац цIикIкIинабичIого, коропрациязул капитализация гьаби , хадубккун гьел корпорацияз халкъалъе инвестициял гьаризе рукIине. Жакъа къоялде Россиялъе рачIунел инвестициязул къадар дагьлъун бугила 11 проценталде щун
Халил Халилов: «Жакъа бичIчIулеб буго исанаги дагь рачIине рукIин инвестициял. Амма бачIунеб соналдаса бахъун, лъалеб, дагьаб бугониги экономикаялда цIилъи чIвазе буго. Улкаялда бугеб девольвациялъул асаралдаго цадахъ гIисинал харжал цIунун, корпорациязул жигар бахунеб бугони, гьел цIунун хутIизе буго, амма гьел корпорациязда бажаричIони хIалтIи бачун, гьел шартIазда гьел ине руго нахъе.
БичIчIулеб буго энергиялда бараб экономикаялдаса улкаялъе бокьун букIин экономика промышлениябгун инновациялъулалде сверизабизе. Амма тIаде бачIунеб мухь дагьлъиялъги асар гьабичIого хутIизе гьечIо экономикаялде».
Россиялъул Экономикияб цебетIеялъул министерлъиялъ бахъараб программаялда рекъон инвестициязулл къадар 2019 соналде бахине кколеб буго 24 проценталде. Амма 2016-2017 соналда хIалтIудалъун хьехарун гьечIезул къадарги цадахъго бахине буго 5 проценталдасаги цIикIкун.
Гьадинги бищун гIисинал харжал ва мухьал ругел регионлъун кколеб Дагъистаналда гьелъул кьаби цIакъго лъазе бугин рикIкIунеб буго экономист Эдуард Уразаевас.
Щайин абуни Дагъистан кколила цIакъго кIудияб къадар бюджеталъулал харжал ругеб регионлъунги экономикаялда гъорлъ, цогидаб рахъалъ, Дагъистаналда рагIдукь бугеб экономикияб сектор цIакъ кIудияб букIин кIочене бегьуларила. Экспертас тIаде жубана жакъаго хIалтIудалъун хьезаричIезул къадар цIикIкун бугин республикаялда, хадубккунги гьеб бахине бугила.
БизнесчагIазул ва предпринимателазул гьелда бан пикру цIехедал аслияб бутIаялъ загьир гьабуна пикру пачалихъиял гурел гIуцIабаз захIматалъухъ кьолеб мухь дагь гьабизе рес бугин, щай гурелъул хIалтIи гьечIолъиялъ гьеб секторалда жакъаго цIикIкIараб къадар бугила хIалтIул бакIазухъ балагьун иргаялда чIарал.