Мигрантал къабул гьаричIони, гIакIа лъезе бегьула ЕСалъул улкабазе

Financial Times газетаялъ лъазабухъе, нагагьлъун Евроцолъиялъул улкаялъ жидерго бакIаздаса лъутизе ккарал къабул гьаризе инкар гьабулеб бугони, щивав мигрантасухъ 250 азарго евроялъул гIакIа лъеялъул цебелъей гьабизе бегьула Еврокомиссиялъ.

Евроцолъиялъул улкабазул аслияб къадаралъ хIукму гьабуна кIиго сонида жаниб 160 азарго мигрант жидехъго къабул гьавиялъул квотаби чIезаризе.

Амма Словакиялъ, Венгриялъ, Чехиялъ, Польшаялъ ва Хорватиялъ ккун буго мигрантал къабул гьарунгутIиялъул позиция.

Легалиял гурел мигрантаз гIамал гьабулеб буго гьел улкабаздасахун цогидал гьездаса бечедал пачалихъазде нух бахъизе.