Анкараялъ визаби къваригIунареб режим чIезабизе буго европаялъулазе

Туркиялъ визаби нахъе рахъулел руго Шенгеналъул зонаялъул улкабазе, цоцал визабазул режималъул либерализациялъул къотIи-къаялда рекъон. Гьединаб хIукму хIалтIизе байбихьизе буго Евроцолъиялъ гьединабго режим турказе лъазабун хадуб.

Визаби къваригIунареб режималъе къваригIунеб 72 критерий Туркиялъ тIабазабиялда хурхараб доклад Еврокомиссиялъ гьоркьоб лъезе буго 4 маялда. Хадуб гьелъ загьир гьабизе бегьула Туркиялъул гражданазе визаби гьечIого Европаялде хьвадиялъул ресал рагьиялъул рекомендацияби.

Брюсселалъ Анкараялъе лъолел шартIазда гъорлъ руго политикиял къуватазул конкуренциялъе ресал чIезариялъул ва батIи-батIиял гIисинал жамгIиятазул ихтиярал тIуразариялъул.