Ракьул 5 га чIобого кьолеб буго

РикIкIадасеб Машрикъалда (Дальний Восток) бокьарав гражданасе ракьул бищун дагьаб щуго гектар чIобого кьеялда хурхараб къануналда гъоркь жиндирго гъулбас лъуна Россиялъул президент Владимир Путиница. Гьениб мина, ферма яги жиндирго бизнес байбихьиялъе ракь щвезелъун гIадатияб гIарза кьуни гIолеб буго. Гьеб къанун билълъанхъизабизе буго ичIго регионалда: Якутия, Хабаров, Камчатка ва Приморский мухъазда, Магадан, Амур ва Сахалин областазда, гьединго ЖугьутIазул ва Чукоткаялъул автономиял округалдаги областалдаги. Къануналда абулеб буго 5 соналдаса хадуб гьеб ракьухъ гIарац босизе бегьулин ва гьеб хIалтIизабичIого толеб бугони, нахъе бахъизеги рес букIине бугин.