Сириялда рекъел чIезабиялъе исана февралалда гьарурал къотIи-къаял гьоркьор унгутIиялъе квербакъеян Россиялдегун Америкаялъул Цолъарал Штатазде хитIаб гьабуна Стаффан де Мистураца. Гьев ккола ООНалъул хасав вакил. Бокьараб мехалда ахIвал-хIал хIалуцинин абураб рахIатхвей буго гьесул.
Хасго ахирал къоязда руго Сириялда рагъулал тунка-гIусиял такрарлъулел.