Савченко Украинаялде йитIизе йиго, амма кидаяли гьанжеги лъалеб гьечIо

Россиялда 22 сонги кьун туснахъ гьаюн йигей Украинаялъул пилот Надежда Савченко Россиялъул гражданазухъ хисун нахъе йиччаялъул суал политикияб даражаялда тIубана. Амма кида гьей йиччалеяли мухIканаб гьечIо, щайгурелъул Россиялъ гьединал суалал халатрахъинарула – чанго моцIидаса лъагIалиде щвезегIан. Гьедин бицана Савченкол адвокат Николай Полозовас «5 каналалъул» эфиралда.


21 апрелалда Европаялъул Цолъиялъул Парламенталъулаб ассамблеялъги къабул гьабуна «Савченкол сияхIин» цIар лъурал санкциял лъейилан гьеб гIуцIиялде гъорлъе унел улкабазде ахIи бараб резолюция.

Гьениб абулеб буго гьей пилот кквеялдехун, къануналда данде кколаредухъ туснахъ гьайиялдехун, гьелде гIайиб гIунтIизабиялдехун хурхен бугел чагIазе санкциял лъезе ругин хехлъи гьабун гьей эркен гьайичIони.


Надежда Савченко россиялъулазухъ хисун Украинаялде йитIиялъул суал дандбана гьал къоязда Украинаялъулгун Россиялъул президентазги.