Б.Нетаньягьу: "Голаназул борхалъаби - абадиялъго ГIизраилалъул бакI "

Голаназул борхалъабазда тIобитIараб ГIизраилалъул министрабазул кабинеталъул данделъиялда премьер-министр Беньямин Нетаньягьуца абуна, гьаб стратегикияб бакI ГIизраилалъул территориялде гъорлъе унеб бакIлъун букIине бугин кидаго.

Голаназул борхалъаби жидерго территориялъун рикIкIула ГIизраилалъги Сириялъги.

Сириялъул букIинеселъул суалгун гьоркьоб Женеваялда тIобитIизесеб халкъаздагьоркьосеб данделъиялда Сириялъ тIалаб гьабизе бегьула Голаназул борхалъаби жиндие нахъе кьей.

ГIизраилалъ гьеб территория Сириялдалъухъа бахъана 1967 соналда букIараб анлъгокъоялъул рагъда ва 1982 соналда гьеб регион официалияб къагIидаялъ ГIизраилалъул юрисдикциялде гъоркье лъугьана.

Халкъаздагьоркьосеб жамагIаталъ гьеб хIукму къабул гьабичIо.