Пхеньяналда кIвечIо баллистикияб ракета гьавадуе биччазе

Шималияб Кореялъул "Мусудан" абулеб ракета

Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъи ГьечIолъи цIуниялъул Шураялъ какана Шималияб Кореялъ баллистикияб ракета биччазе гьабураб къасд ва лъазабуна, гьелъухъ Пхьеньяналде данде тIаде журарал санкцIиял ва кьварарал тадбирал тIоритIизе бегьулин.

«Гьединаб ишалъ ХIинкъи ГьечIолъиялъул Шураялъул резолюция хвезабулеб буго», - ян абулеб буго рехсараб гIуцIиялъ загьирабураб жиндирго лъазабиялда.

Резолюциялда рекъон Шималияб Кореялъе гьукъун буго ядериял ва ракетиял хIалбихьиял гьаризе. Амма гьелда балагьичIого Пхеньяналъ гьеб жиндирго хIалтIи халат бахъунеб буго.

Пентагоналъул вакил Джефф Дэвисица абуна, 15 апрелалда Шималияб Кореялъул аскариязда кIвечIин «Мусудан» абулеб гьеб ракета гьавадуе биччазе, гьеб цо лахIзаталъ кьвагьанин.

1500 тоннаялъул цIайи бугеб гьеб ракеталда кIола ядерияб алат щвезабизе Америкалъул Гуам чIинкIкIиллъиялде щвезегIан.