Туркиялъе бадирчIваял

Евроцолъиялда гъорлъе лъугьине бокьараб Туркиялде гIайибал гIунтIизарулел руго Европарламенталъ гьениб демократиялъе нухал къалел рукIунилан.

Гьелда хурхун къабул гьабураб хасаб резолюциялъул рахъккуна Европаялъул 375 депутатас (177 депутатас рахъ кквечIо).