ООНалъул бетIерлъиялде кандидатал

Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул (ООН) Генералияб Ассамблеялда байбихьана гьеб ГIуцIиялъул Генералияв секретарасул хъулухъалде кандидатал тIаса рищизе. ГьанжелъагIан гьел рищулел рукIун руго гьеб ГIуцIиялъул ХIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул Шураялда дандги бан.

Генералияв секретарасул хъулухъалде кандидатлъун ичIго чи вихьизавун вуго. 12 апрелалда гьезул лъабгоял цере рахъана жидерго кIалъаялгун. Гьел ккола Черногориялъул къватIисел ишазул министр Игорь Лукшич, рагъ ккаралъуса лъутизе ккаразул ишал тIуралев вукIарав Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ТIадегIанав Комиссар Антониу Гутерреш, гьединго ЮНЕСКОялъул бетIер, Болгариялдаса Ирина Бокова (Россиялъе данде кколей гIаданги рагIула гьей).

Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Генералияв секретарасул хъулухъалде кандидатураби лъун руго Словениялъулгун ЦIияб Зеландиялъул рукIарал премьер-министралги, Молдавиялъулгун, Хорватиялъул, Македониялъул рукIарал къватIисел ишазул министралги.