ТIабигIат цIуниялъулъ импорт хиси ва патриотизм

ТIоцебесеб бакIалда улкаялъул экономика цебетIей гуреб тIабигIат цIуни лъолел «гIурчинал» гIуцIабазе бакI гьечIин Росссиялдайин рикIкIунеб буго цо-цояз.

Your browser doesn’t support HTML5

ТIабигIат цIуниялъулъ импорт хиси ва патриотизм

Россиялда хIалтIулел тIабигIат цIунулел «Всемирный фонд природы» ва Greenpeace гIуцIаби улкаялда жанир гIуцIарал экологиялъулал багъа-башарияз хисизе ккелин лъазабулеб буго Россиялъул экологиялъул палатаялъул вакизабаз.

Экологиялъулаб палатаялъул церехъаби, цереккун Пачалихъияб Думаялъул рукIарал депутатал Владимир Семеновас ва Владимир Коптев-Дворниковас лъазабун буго улкаялда экологиялъулаб патриотизм гIуцIцIизе заман щун бугин. Гьедин лъазабулеб буго «Коммерсантъ» газетаялъ.

Бизнесмен Владимир Семеновас баян гьабухъе, экологиялдехун бакъ тIерхьул рахъалъул улкабазул бугеб бербалагьи тезе заман щун буго. Жакъа Россиялъ рахъ кколеб бугила жиб какулел гIуцIабазул.

КъватIисел улкабаздаса Greenpeace ва «Всемирный фонд природы» гIуцIабаздаса вакилзабаз Россиялъул ТIабигIаталъул министерлъиялдасан щолел баянал хIалтIизарулел ругин улкаялъул аслиял инфраструктураялъул проектал какизейин лъазабулеб буго Семеновас.

Гьебго палатаялъул вакилзабаз лъазабулеб буго гьел тIабигIат цIуниялъул гIуцIабазе биччалеб аслияб бутIа гIарцул кколин батIиял пачалихъаздасан бачIунеб, гьелда тIадеги квеш ккараб жо бугила улкаялда ругел гIурччинал гIуцIабаз тIоцебесеб бакIалда экономикияб цебетIей гуреб, тIабигIат цIуни лъолеб букIин.

Экологиялъул палатаялъул церехъабаз экологиялъул гIуцуIабазул хIалтIулъ тIоцебесеб бакIалда патриотизм ва экономикаялъул мурадал лъей тIалаб гьабиялда бан «Всемирный фонд природы» абураб гIуцIиялъул «Российский Кавказ» бутIаяъул нухмалъулев Валерий Шмункица «Эркенлъи» радиогун букIараб гара-чIвариялда баян гьабуна, кинабго тIабигIат цIуниялда хурхараб щинаб кколин патриотизм жиндилъ бугеб.

Экономикаялъулги тIабигIат цIуниялъулги конфиктал кидаго рукIунила, амма кидагоги чIахIиял проектал гIумруялде рахъинарулаго экологазухъ гIинтIамулеб гьечIони, хIасилалда тIадеги гIарац хвезабулеб, хIасилал лъикIал гьечIеб кколали проект.

Валерий Шмунк: «Дир пикрулда, гьеб суалго битIараб гьечIо. Нилъер къануназда гьечIо патриотикияб ва патриотикияб гуреялде бикьи. Кинабго тIабигIат цIуниялда хурхараб щинаб ккола патриотикияб, жиндир кьочIолъго бугеб. Экономикиял мурадал тIоцебесеб бакIалда лъеялъул бицунел чагIи ккола жакъасеб хайиралъул гуреб, батIияб жоялъул ургъел гьечIел гIадамал.

Нилъер улкаялдаги, цогидал пачалихъаздаги букIуна экономикиябгун экологиялъул сфераялда конфликтал. Гьеб кидаго букIунеб жо буго. Экологазухъ гIенеккизе ккола кидаго чIахIиял проектал гIумруялде рахъинарулаго.

Гурого, гьелъ тIадеги гIемер гIарац харж гьабизе ккола. Мисалалъе бачине бегьула цебегIан Гуржиялъ ккараб лъим кIанцIи. Гьеб ккана экологазухъ гIенеккичIолъиялъул хIасил. Гьезда абулеб букIана нижер гIуцIиялъги, цогидазги лабаллъиялдаса гъутIби къотIугейилан. Амма гьез экономикаялъул мурадал лъуна тIоцебесеб бакIалда. ХIасилал нилъеда бихьана кинал ккаралали.

БукIуна цо бутIа, жакъасеб хайиралъул гуреб ургъел гьечIеб, гьез хIисабалде росизе ккола киналго хIинкъиял, гьезда гъорлъ экологиялъулалги. Цо-цо гьалмагъзаби кколел руго экология политикаялъул мурадалда хIалтIизабулел, амма нижер гIуцIи политикаялда хурхараб гьечIо».

Кинаб букIаниги бизнесалъе гIолон тIабигIат хвезабизе бегьуларин рикIкIунеб буго «Greenpeace» гIуцIиялъул Россиялда бугеб бутIаялъул директор Иван Блоковас. Живги кколила патриот, амма жиндие бокьун бугила улка бацIцIадаб букIинейин баян гьабулеб буго гьес «Эркенлъи» радиоялъул гIурус службаялъе.

Иван Блоков: «Дида лъаларо кинаб кьучIалда цо-цо коллегабаз гьединал лъазариял гьарулелали, гьезул хIалтIул хIакъалъулъги, гьел рукIиналъулги, дида гьез гьеб лъазаби гьабиялда цебе щибго лъалебги букIинчIо. ХIалтIулъ патриотизмалъул нухал хIалтIизариялъул бицунеб бугонани, дунги, ракI ракIалъ абунани, ккола улкаялъул патриот. Дие бокьун буго нилъер улка бацIцIадаб букIине.

Кинаб букIаниги бизнес цебетIеялъе гIоло сверухъ бугеб тIабигIат хвезаби бокьун гьечIо дие. ТIоцебесеб иргаялда нарт бахъулел гIуцIабаз нарт гIодобе тIей къотIизаби бокьун буго дие. ЛъагIалида жаниб турарал рогIрахъа къватIибе чвахулеб буго 1,5 млн тонна нартил. Гьеб тасдикъ гьабулеб буго живго тIабигIаталъул министрас.

Дие, дир коллегабазе ва нижер гIуцIиялъе бокьун гьечIо гьедин тIабигIат хвезабизе гьел гIуцIабазаз. БатIалъи гьечIо, Россиялдайищ гьеб гIунгутIи бугеб, яги Нигериялдайищали. Гьеб рахъалъ босанани, нилъеца Нигерия нахъа тунцин батизе буго.

Дида бичIчIуларо кин рикIкIине бегьулеб патриотизмлъун цо компаниязе кумак гьабизе бокьи. Кумак гьабизе бегьила, амма тIабигIаталъе зарал гьабичIогон».

Жакъа жидер гIуцIиялъ рорхулел гIунгутIаби ругила сверухъ балагьани рихьулел, жидеца гьезул бицунебги бугила. Гьел гIунгутIаби тIагIинариялъе жал хIадур ругила кинаб къагIидаялда бугониги бокьаралгун цадахъ хIалтIи гьабизейин тIаде жубалеб буго Блоковас.