Тарих - гьеб буго халкъалъул къисмат

Шамил Имам ва наибал. НекIсияб гравюра

Россиялъул тIадтараз ахирисеб мехалда кIудияб кIвар буссинабулеб буго мактабазда тарихалъул дарсал жидерго пропагандаялде данде кколеб къагIидаялда кьолеб букIиналде. Гьелдаса разиял гьечIо гIемерал тарихчагIи.

Your browser doesn’t support HTML5

Тарих - гьеб буго халкъалъул къисмат

ГIемерал гIадамазда жидерго ватIаналъул тарих лъала умумузул биценалдаса. Гьеб буго киналго Кавказ миллатазул чIухIи. Ва гьеб чIухIи гIелалдаса гIелалде щвезабун, цIодорго цIунунула халкъалъ. Гьелъие лъикIаб мисаллъун рикIкIине бегьула Дагъистаналдаса цIар арав гIалимчи Доногъо ХIажимурадица гьабулеб хIалтIи.

Дагъистаналъул гIалимчи, тарихиял гIелмабазул доктор Доногъо ХIажи-Мурадица абулеб буго, жинда жиндирго кIудаинсул архивалда ратанин гIемерал къанагIатал документал ва жиндир хиял бугин гьел киналго кватIичIого загьираризе, тарихиял баянал гьарун.

ХIАЙДАР БАММАТИЛ ХIАКЪАЛЪУЛЪ БАЯН

Дунялалъул кIиабилеб рагъда асирлъуде ккарав гьесул кIудияв эмен Къоркъмасов Мурадил лъикIаб лъай-хъвагIай букIун буго Кавказалъул МугIрул Республикаялъул къватIисел ишазул министрлъун вукIарав ХIайдар Бамматгун.

Тарихчи ХI.-М.Доногъо

Х.-М.Доногъо: «Дагьалъ цебе нижеца Бакуялда къватIибе биччана «Лъалев ва лъаларев ХIайдар Баммат» абураб тIехь. Гьеб некIо хIадур гьабун букIана, амма Дагъистаналда дида кIвечIо спонсорал ратизе. Азербайжаналъул Тарихтияб ЖамгIияталъ кумек гьабуна, ва гьелъухъ дица гьелъул хIаракатчагIазе баркала кьола. Гьеб документалияб мажмугIалде гъорлъе жубан буго дир кIудаинсул 13 кагъат.

ХIайдар Бамматица дир кIудияв эмен немцазул лагералдаса хвасар гьавуна рагъул заманалда. Байбихьуда гъов вукIана Ставрополалда - оккупациялда. Хадув, немцаз гьев асир гьавун, Германиялде витIана. Лагералда вукIаго, гьесда рагIана Бусурбабазул Лигаялда дагъистанияв ХIайдар Баммат хIалтIулев вукIин ва гьес жиндир ракьцоязе кумек гьабулеб букIин. Хъвана гьес досухъе кагъат.

Ахир-къад ХIайдар Бамматида кIвана гьев эркен гьавизе. Гьелдаса нахъе дир кIудияв эмен ана цин Мисиралде, цингиги Туркиялде. ХвезегIан гIумру гьабулаан Бурса шагьаралда. Доя кIиабилеб нухалъ лъади ячун, гьесие яс гьаюна. ГIолохъанлъиялъул заманалда дица сапар бухьана Туркиялде. Ратана дир гIага-божарал. Гьез дие сайгъат гьабуна кIудаинсул библиотекаги архивги. Гьале гьаб архивалда ратарал ХIайдар Бамматил кагътал дица загьираруна, тIадехун рехсараб тIехьалъулъ журан.

ХIайдар Баммат

Гьел ккола Америкалъул президент Вильсонихъе, Франциялъул премьер-министр Клемансохъе ва цогидал дунялалда цIар арал политиказдехун хурхун хъварал кагътал. Гьеб гуребги, кIудаинсул архивалда ратана дида ХIайдар Бамматил инсул дапрарги».

ШАМИЛ ИМАМАС ГIУРУС ПАЧАЯСЕ БАРАБ ГЬАЯЛДА ТIАСАН БАЯН

Х.-М.Доногъо: «Дица кIудияб хIалтIи гьабуна - "Ахирисеб сапар. Гъуниса - Мадинаялде" - ян абураб тIехьалда тIад. КьучIое росун рукIана Рагъулабгун-Тарихияб архивалъул документал, дол соназда "Санкт-Петербургские ведомости", "Курские ведомости", "Калужские ведомости" абурал газетабазда рахъарал макъалаби. ИншаАллагь, къватIибе бахъизе буго Шамил Имамас ГIурус пачаясе бараб гьаялъул текст. ТIасан комментарийги гьабуна дица. Щайдай ва сундуе гIоло гьадинаб гьа гьес барабали мухIканго бичIчIизабулеб.

Жакъасел дилетантаз гIиллаби хIисабалде росулел гьечIо. Цояз абулеб буго Шамил Имамас гIурусазе мукIурлъанин, цогидаз - гIаксалда, абулеб буго гьадинаб гьа Шамилица бан букIинчIин. Амма кIиябго рахъалъ мекъи ккун буго. Дир хIисабалда гьереси бицинегIан битIараб бицани лъикI. Гьересиялъ пайда кьоларо. Дида бихьана гьеб гьа, бихьана гьесул гъулбасги. Ва дида ккола гьеб букIинчIин Имамас живго суризавулеб хIужа.

ГIурус Пачаясе балеб гьаялъул текст

Гьесул кIудияб хIурмат гьабулаан жалго гIурусаз.

ГIажаибаб хIужа. Щайдай? Сундухъ? Гьевги гьесул гIага-божаралги пачаясул хазинаялъ хьихьулаан. Хварал гIагарал рукъулаан кIудияб хIурматгун, гIемераб гIарац хвезабун. Александр Пачаясги Барятинскиясги Шамил имамасул щибаб гьариялъухъ гIинтIамулаан ва гIадахъ босулаан. Кинха бегьулеб гьадинал хIужаби сан гьаричIого тезе?

ГIажаибаб хIужа гьечIищха - 25 соналда жаниб империялде данде рагъдолев тушманасул гьадинаб кIудияб хIурмат гьаби!

Ахир къад гьев гIурус дворянлъиялъеги мустахIикълъана. Архивалда дида батана Александр КIиабилесул амру - Шамил ва гьесул наслудул чагIи дворянлъиялъул даражаялде рахъинареян абураб. Доб мехалъ Шамил Истанбулалда вукIана. Довасан Маккаялде хIеж борхине хIадурлъи гьабулеб букIана гьес».

Доногъо ХIажи Мурадица абулеб буго ГIурус пачаясул ва гьесул хъулухъчагIазул кагъталги ратун ругин.

Х.- М.Доногъо: «Шамилиде хехго лъазабе гъов дворянлъиялъул даражаялде вахъинавун вуго, - ян буюри кьуна Пачаяс Туркиялда вугев Россиялъул илчиясе. Нилъеда бичIчIула - живго Шамилие гьеб дворянлъиялъул хIажалъи букIун гьечIолъи, амма кин бугониги, гьеб гьечIищ Шамил Имамасул хIурмат кIодо гьабиялъе далил?

Шамил Имамасги жаваб кьун букIана гIурусазе. Масала Барятинскиясухъе, жив херав, унтарав чи вугин абун. Жиндирго васал МухIамад-Шафиясухъеги Гъази-МухIамадихъеги гьадиналго кагътал ритIана гьес, жив Кудалиса Пирдузилав гIадин херлъун къуланин абун. Живги бустида вегун чIун вугин, Загьидатги унтун йигин.

Шамил Имамасул киналго гIага-божаразул хIал-хIукму квешлъана Калугаялъул гьава-1859 соналда ва анкьго сон ун хадуб рахъарал Шамил имамасул суратазухъ ралагьани, бихьулеб буго кигIан хехго гъов херлъанин.

Шамил Имамгун данделъарав гIурус хъвадарухъан Захарьинас жиндирго ракIалде щвеязда нугIлъи гьабулеб буго гьесул сахлъи къойидаса къойиде квешлъулеб букIиналъе. Шамил Имамасул къисматалда тIад ургъани, абизе ккараб буго гьадинаб жо.

Политика, гьеб буго гIицIго политика. Дида ккола пачаясул гурхIиялъ гурин - живго ТIадегIанасул рахIму-цIобалъ КIудияв Имамасе рес кьунин гьесул гIумрудул анищ тIубазабизе - хIеж борхизе».

ЭР: - Цо-цояз абулеб буго - бусурбабазул имамас тушбабазул пачаясе гьа бай - шаргIалде данде кколареб иш бугин. Амма гьениб ракIалде щвезабизе ккола гьадинаб хIужа: 1859 соналда гIурусазул кверде щварав Шамил Имамас хъващтIан гьа бачIо.

ТIокIаб чара гьечIого, гьес гьадинаб гьа бана санал ун хадуб, щайин абуни, Россия тун, къватIисеб улкаялде ине рес букIинчIо гьесул паспорт гьечIони. Гьадинаб гьа бан букIинечIебани, хIежги борхизе кIвелароан гьесда. Щиб дуца абилеб гьелда бан?

Х.-М.Доногъо: «Дица бусурбабазул гIалимзабазулгун дандбан букIана гьеб суал. Дир хIисабалда Шамил Имамас шаргIалде данде кколареб иш киданиги гьабилароан, щай гурелъул гъов живгоги вукIана кIудияв гIалимлъун.

Хасавюрталда вугев цо гIалимасе кьуна дица гьеб суал, гьевги разилъана. Гьес дие бачана хIадис. Нагагьлъун инсанас цо мекъаб ялъуни квешаб гьа бан бугони, амма хадуб лъикIаб иш гьабуни, тавба гьаризе хIажалъи гьечIин. Гьалеха 1855 соналда Россиялда къабул гьабун букIана Пачаясе базе кколеб гьаялъул текст. 1862 соналда тасдикъ гьабун букIана бусурбабазе рекъолеб текст. Бусурбанчиясда тIадаб букIана рагIи кьезе , жив Пачаясе хъулухъ гьабизе хIадурав вугин абун.

Гьале, гьеб текст Шамилиде бихьизабураб мехалда, гьес Милютинасухъе кагъат битIун, абуна, жив херав чи вугин, ва жидеда кIоларин пачаясе хъулухъ гьабизе. Гьединлъидал жинца гьадинаб рагIиги кьезе гьечIин. Гьесул пикру хIисабалдеги босун, текст хисун букIана, хасго гьесие гIоло "Хъулухъ", абулеб рагIи нахъе рехун.

Гьаб хасаб текст гьанжеги батизе бегьула Россиялъул Рагъулабгун Тарихияб архивалда. Шамилида бичIана, жинца гьа базе гьечIони, жиндие паспортги кьезе гьечIо, хIежалдеги ине жинда кIвеларин. Гьеб букIана гьесул сихIирлъи».