Документазул кIудияб къадар къватIиб чIвазабиялда бан, шамат къоялда Панамаялъул Mossack Fonseca абураб юридикияб компаниялда чIухь бан буго.
Компаниялъ жиндего гIунтIизарулел киналго гIайибал нахъе чIвалел руго, гьелъ аза-азар компаниязе офшоразда магъалаби кьечIел яги жиндилъ бацIалъи гьечIел гIарцазул къуди-къудиял къадарал рахчизаризе кумек гьабун букIин баянго бихьулеб букIаниги.
Mossack Fonseca компаниялда хурхараб гъалмагъиралъе гIоло жиндирго хъулухъалдаса нахъе ана Исландиялъул премьер-министр.