МугIрузул Гъарабагъалда "сихIкъотIиялъул заман" лъазабун буго

МугIрузул Гъарабагъалда "сихIкъотIиялъул заман" лъазабун буго. Гьеб лъугIилалде чIваразул жаназаби ралагьизе ругин лъазабуна Азербайжаналъул улка цIуниялъул министерлъиялъ.

8 апрелалда Армениялъул улка цIуниялъул министерлъиялъул пресс-секретарь Арцрун Ованисяница фейсбукалда хъвана 2 апрелалдаса 8 апрелалде щвезегIан Гъарабагъалъул рагъулъ гIумруялдаса ватIалъанин жидер 44 рагъухъан.

Бакуялдасан щвараб информациялда рекъон, геьнив хун вуго Азербайжаналъул 3I рагъухъан. МугIрузул Гъарабагъалда ахIвал-хIал хIалуцана 2 апрелалдаса байбихьун.

Цинги 5 апрелалда Армениялъги Азербайжаналъги хIукму гьабун букIана рагъ чIезабизе. Амма нахъисеб къоялъ кIиязго байбихьана кьвагьи гьоркьоб къотIулеб гьечIилан, цоцазде гIайибал гIунтIизаризе.