3 апрелалда Коррупциялъул ва гIуцIараб такъсирчилъиялъул централъ, Журналистазул цIех-реххазул халкъаздагьоркьосеб консорциумалъ, WikiLeaks’алъ ва цо-цо информалатаз къватIибе чIвазабуна чанго улкаялда тIадегIанал хъулухъчагIазул коррупция бихьизабулел материалал. Гьезда гъорлъ гьечIо Россиялъул президентасул цIар, амма руго гьесул гIагарисеб сверухълъиялъул гIадамазул цIарал.
Президентасул пресс-секретарь Дмитирий Песковас нахъ чIвалел руго киналго гIайибал ва лъазабулеб буго гьеб кколин провокациягун спекуляциябийин.