Your browser doesn’t support HTML5
Дагъистаналъул «Уйташ» аэропорталдаса бугеб нухда ва Табасаран мухъалъул Сыртич росдада гIагар ккараб кьвагьияздаса хадуб цо-цо экспертаз загьир гьабуна пикру, Шималияб Кавказалда цIияб карачел терроралъул бачIунеб бугилан. Официалиял информалатаз терроралъул акталин абулеб гьечIониги, гьеб кколеб буго терроралъулаб акт.
Масала, Карнеггил цIаралда бугеб централъул вакил Алексей Малашенкоца «Кавказский узел» сурсаталъе баян гьабухъе, изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кьерал цIолел руго гьоркьоса къотIичIого цIиял, сверухъ бугеб хисихабизе бокьарал гIолилаз.
Гьезухъе кьолеб буго яргъидгIуцIараз жидерго хIалбихьи, гьелда тIадеги цIиял хIалбихьи бугила гьезие гIагараб Машрикъалда рукIун тIадруссарал цо-цоязухъа щолеб.
Малашенкол пикруялда, киналго изну гьечIого яргъидгIуцIарал тIагIинарун бажарулел гьечIо.
Гьел лъугIунгутIиялъе цогидаб гIилла кколеб буго республикаялда бугеб гIодобегIанисеб гIумруялъул даража.
29 марталда Дагъистаналда ккараб кIиябго кьвагьи ДАГIШ абураб, Россиялда гьукъараблъун лъазабураб терроралъул гIуцIиялъ тIаде босанин, амма гьез киналгоги кьвагьиял росулин жидеде тIадейин абулеб буго жамгIияв хIаракатчи, Къебедов ГIабасица.
Шималияб Кавказалда цIияб терроралъул карачел бачIунеб бугила, гьелъие гIиллаби ругила тIибитIараб коррупция, террористазул социяалияб база тIагIун букIин ва жамгIияталда гъорлъ ругел социалиял проблемаби.
Цогидаб рахъалъ, тIолго дунялалда батIи-батIиял гIисинал такъсирчагIазул къокъаби цолъулел ругила ДАГIШалъул байрахъалда гъоркь. Дагъистаналъул изну гьечIого яргъидгIуцIаралги батIа тIун хутIичIила гьелдаса.
Ахирал соназ тIалъилъ бицунеб бугила Дагъистаналда террор тIагIинабизе кIвеялъул, амма гьезул тIаде кьолел официалиял баяналги хIакъикъатги батIи-батIияб бугила. Чанго соналъ цебего бичIчIулеб букIанила, хадубккун цIияб карачел букIине букIин терроралъулин баян гьабуна Къебедовас «Эркенлъи» радиоялъе.
ГIабас Къебедов: «Жакъа кколеб бугеб жо букIине букIиналъул бицунеб букIана дица доб заманалдаго. Экстремистиял идеяби цIакъ тIиритIарал руго гIолеб гIелалда гъорлъ. Аслияб гIилла буго диниял чвахиял ва гьеб рахъалъ битIараб къимат кьезе кIолел чагIи тIалъиялда гьечIолъи ва тIалъиялъ цо чвахи официалияб битIараблъун тун, хутIарал нахъегIан цун тей.
Доб заманалдаги, ракълилаб гIумруялде гIадамал руссинариялъул комиссия хIалтIулаго, гьеб комиссиялъул вакилзаби рукIана жидерго мурадазе гIолон хIалтIи гьабулел гIадамал. Кинал гьел мурадал – цоязе щвана коррупциялъул нухаздаса гIарац, цогидал депутаталлъун рахъана.
Хадубккун, Сириялде гIолилал ине байбихьараго, гьенире унел чагIи гьукъичIо низам цIунулез. Гьел гьукъичIо, гIаксалда, гьел гьенире ине гьесизарулел рукIана. ХIасилал рихьулел руго жакъа».
Къебедовас баян гьабухъе, социалияб ритIухълъи гьечIолъи ва тIекъаб куцалда гьабулеб ракълиялаб гIумруялде тIадруссинариялъул политика букIаго, изну гьечIого яргъидгIуцIарал тIагIине рес гьечIо. Пачалихъалда къанун бихьизабулел чагIи, кинабго жидедаго гъоркье бачун, халкъ ихтиярал гьечIогон, мискинго букIаго, тIагIунарила реакция.
Цогидаб, террор тIагIунеб гьечIолъиялъул гIилла бугила гьеб тIагIин хIажат гьечIел чагIи рукIин. 2000 соназул авалалда бижизабураб рагъулаб жанавар жакъа кутакалда кIудияб гIун бугила, гьеб гIорцIизабизе, терроралда данде къеркьеялъеейилан абун биччалеб гIарац хIажалъулила.
ГIабас Кебедов: «ГIуцIун букIараб низам цIунулеб жанавар кутакалда кIодолъун буго. Хасал операцияби тIоритIизе ва цогидалде биччалеб кIудияб гIарац кIкIунеб буго гьелъ. ГIарац гуребги, гьеб буго гIорхъи гьечIеб кверщел.
Бокьараб гьабизе бегьулеб, бокьарав чIвалев, бокьарав ярагъ рехун жанив тIамулев, бокьарав викъулев вуго. Гьел лъицаго жавабалдеги цIаларо. Халкъалъ гьеб проблема бахчун, жаниб гъанкъун букIиналъегIолон, гьеб кибего тIагIун гьечIо, цо къоялъ гьелъул киб бугониги дандерижи букIинчIгого букIинеги рес гьечIо.
Щиб хадуб букIинебин абулеб буго, дида ккола, жиндир заманаялъ, Зарема ХIасановалъ абухъе, иш бачIине буго, хIинкъи гIададисеб жо лъугьараб хIалалде».
Пачалихъалъ жакъа тIасанги бакIаздаги эркенаб чвахиялде биччан бугила иш, гIолилазул политика, ракълилаб гIумруялде руссинари – гьеб бугила гIицIго формалияб куцалда тIобитIулеб.
Жакъа цо-цо баяназда рекъон, 100 000 чи вугила Дагъистаналда хасал сияхIазде росарал. Къебедовасул пикруялда, ритIухълъи гьечIого гIемер хIехьехе рес гьечIо халкъалъ ва пачалъихъалда гьеб бичIчIилин абураб хьул хутIулеб бугила.