«ХIакимзаби руго террористазе бищунго квербакъи гьабулел чагIи»

Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул ахирисеб данделъиялда республикаялъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница иргадулаб нухалда терроризмалде дандекъеркьезе ккеялъул бицана.

Your browser doesn’t support HTML5

«ХIакимзаби руго террористазе бищунго квербакъи гьабулел чагIи»

ГIабдулатIипов Рамазаница лъазабуна исана Пачалихъияб Думаялде ва Халкъияб Мажлисалде рищиял тIоритIулелъул щибаб сиясатияб партиялда тIадаб бугила терроризмалде ва экстремизмалде дандечIарал кIалъаял гьаризе гьелда данде къеркьезе ккеялъул хъвараб хасаб программа гIуцIизе.

ГIабдулатIиповасул гьеб лъазабиялда тIасан жидерго пикру загьир гьабизе ва экстремизмгун терроризмалде дандечIчIей кин гIуцIизе кколеб, кин гьеб баккичIого букIиналъе хIалтIаби гьаризе кколелали бицине данделъун рукIана гьал къоязда «Черновик» газеталъул редакциялда Дагъистаналда ругел сиясатиял партиязул вакилзаби, жамгIиял хIаракатчагIи ва журналистал. ЦохIо «Единая Россиялъул» вакилзаби рачIинчIо гьеб тадбиралде.

Бищунго ракIалдачIараллъун ва тIасан кIалъаял гьарурал церахъинал рукIана «Трудовая Партия России» абураб сиясатияб партиялъул кандидат ГIамирхIамзаев ГIамирхIамзалги Дагъистаналъул жамгIияб палатаялъул вакил, социалиял гIелмабазул кандидат Мурзаев Абсалидинилги.

ГIамирхIамзаевас лъазабуна хIалтIигьечIолъиялъ, магIишат гьабизе ресал гьечIолъиялъ гIемерав чи кколев вугила радикалазул кьеразулъейилан.

Салафиязул кьерулъ ругел гIолохъаби экстремизмалде руссинчIого рукIине гьезиеги цере рахъинеги, жамгIияб гIумруялъулъ гIахьаллъи гьабизеги рес кьезе кколила, гурони гьел батIа тIезарун рукIиналъ лъикIаб хIасил кьезе гьечIилан.

ГIамирхIамзаев ГIамирхIамза: «ГIадамазе букIине кколеб лъай щвечIолъиги, гьабизе жо гьечIолъиги, хIалтIизе бакIал гьечIолъиги гьеб буго гIолохъаби экстремистазул кьерузулъе иналъул аслиял гIиллабазул цоял. Нилъер гIадамазул божилъи хун буго тIалъиялдехун, амма халкъалъе гьеб тIалъиялъухъ гIенеккизеги, гьезда божизеги бокьун букIин бихьана нижеда.

Ахираб моцIица салафиязул гIемер батIиял вакилзабигун данчIвана ниж. Гьезул киназго абулеб буго Гъизилюрталъулги, МахIачхъалаялъулги цойгидалги «рохьилазул» къокъаби ругеб мехалда гьезде данде рахъун бажарулел рукIинчIила жал, гьездасан жидееги хIинкъи букIанилан, тIалъиялъги суфиял гурелщинал чагIи вагьабиял ругин экстремистал ругин абун гIазаб кьолеб букIанила.

Гьеб ахIвал-хIалалде бакьулъе ккарал жидеда бищун гIемер къо бихьулеб букIанилан. Гьанже гьез абулеб буго жал мугжулги тун, къокъал гIагал ругел тIажалги ретIун хьвадулел ругониги жалги россиялъулал ругилан, жидеца Россиягун рагъизе рахъайила абулеб гьечIила лъиданиги, гьелъул гIаксалда россиялъул лъикIал гражданаллъун рукIине бокьун бугин жидеейилан.

Жидедехунги гьел россиялъул гражданаздехун адаб бербалагьи букIайила, мегеж бугевщинав чиясдехун террористасдехун гIадаб бербалагьи букIунгейилан. Жидееги жамгIияталда гьоркьор рукIине рес кьейиланги абулеб буго гьез.

Гьединлъидал гьел гIадамал цо ишалде руссун рукIине экстремизмалдеги цойгидаб балагьаб ишалдеги руссине регIичIого рукIине гьел хIалтIудалъун хьезаризе кумек гьабуни, жамгIиял лъугьа-бахъиназулъ гIахьалъи гьабизе ахIани лъикI букIинин ккола нижеда».

Мурзаев Абсалидиница гьеб тадбиралда лъазабуна экстремизм тIагIинабизе ккани улкаялдаги республикаялдаги тIубан тIалъи хисизе кколин, гьезул магIна гьечIеб сиясаталъ бугила халкъ цоцаца чIвазе хIадурунилан.

Абсалидин Мурзаев: «Экстремистазул дандечIей гьеб буго социалияб протест, гьеб динияб протест гуро. Дица кидаго абулеб жо буго бищун цере нилъер хIакимзаби ругин гьел террористазе квербакъулелилан. Щай гурелъул хIакимзабазул магIна гьечIеб сиясаталъ ва хIалихьатал ишаз какцин баларев чи кодоб таманчаги ккун, "Аллагьу Акбарги" ахIулаго рохьове вагъизе ине тIамулев вуго. ТIалъиялъул нахъегIанлъи хIехьезе кIвечIого, ритIухълъи батичIого экстремисталлъун рахъана нилъер гIемер чи.

Гьезул къадар дагьабги цIикIкIине бокьун батичIони тIалъиялда реформа гьабизе ккола. РишватчагIазда мохъ тезабизе ккола. Гьединг салафиязе чара гьечIого рес кьезе ккола жамгIияб ва сиясатияб гIумруялъулъ гIахьаллъи гьабизе.

Дунго суфий вукIаниги дида бичIчIулеб жо буго гьел нахъе цун,рикIкIичIого тунин абун лъикIаб рахъалде щибниги хисулеб гьечIолъи. Гьелъул гIаксалда жамгIияталде гъорлъеги цIцIан хадуб гьел битIараб нухде ккезеги бегьула».

Данделъиялда гIахьаллъанщиназул щивав разилъулев вукIана Мурзаевас ва ГIамирхIамзаевас экстремизмалъул кьалбал социалияб ритIухълъи гьечIолъиялдасан раккулилан абураб пикруялъул. Амма гьезул цохIонигияс чIван къотIун гьеб ритIухълъи букIиналъе щиб хIалтIи гьабизе кколебали лъазабичIо.