"Бечедал" чагIазул унти

Туберкулезалъул хIакъалъулъ

Your browser doesn’t support HTML5

"Бечедал" чагIазул унти

- Минаби лъикI къачIаралгIан бакIазда батулеб буго туберкулез. Гьаниб шагьаралда гьедин батиларо, гъутаналда, дица хъулухъ гьабулеб Бабавюрт зонаялъул росабалъ дида гьеб халлъана - ян абулеб буго Ибрагьимица, Журмут участкаялъул бетIерав тохтирас. Дида бачIинахъего бичIчIичIо гьес бицунеб жо.

-Кин гьеб букIунеб туберкулез лъикI къачIарал рукъзабахъ? Гьелъул гIаксалда туберкулез - мискинзабазул, диабет - бечедазул унтиян абула. ТIоцебсеб буго лъикI кваназе кколеб унти. Дур доба кин гьеб бечедазда ккараб?

- Гьелъулха дица бицунеб бугеб. Дица абичIо бечедазда бугин, дица абуна лъикIго рукъзал къачIаразул батулеб бугин. ЧIахIиял гьундузда жанирги чIун гIорцIизегIан лъикIаб квен кваналарел чагIазда батулеб буго росабалъ гьеб унти. Гъутабазда гIадамазул гьечIо гьарзаяб, бучедаб яшав. Руго мискинго ругел бакIалги.

Амма ахIмакъаб чIухIиялъ, мадугьаласдаса къун магIишат гьечIого чIеларин къиматаб тIанса, цIа-рагI, рокъобгун къватIиб къайи босун, чIухIарал кавабиги лъун гIорцIизегIан кваналарел чагIи ратулел руго гIемер. Гьелъул хIасилалда буго доб дица абулеб рукъзал чIахIиязул унти туберкулез. Тохтирас хал гьабун буго гIадамазул ва хасал росабазул хасиятазул.

Цо росулъ ссиялда бацIадаб магIишатги, рукъ хьихьараб квенги, гIадатияб, гIадамазул бадиб реххулареб яшавги батани, цогидазул ссиялда буго магIишат, тIадагьаб рецц, гъуд-гIучIазгун руччабаца балеб месед-гIарцуца гьабулеб къадру.

БакI-бакIалъул гIадатин абуларищха? Гьелъул хIасилалда лъугьун батила гьеб туберкулез рихьизе "бечедазул" къавулъеги. Туберкулез - социалияб унти абураб бичIчIи гIадада букIун гьечIо. Гьаниб тохтирас бачараб мисалалъ цойги баян щвана гьелъие тIадеги. Туберкулез - моралияб даража бихьизабулеб унтилъун лъугьунеб буго.

Я диналъ, я умумузул гIадат-гIамалалъ, я гIакълуялъулгун гIаданлъиялъул нухалъ чи цогидасда цеве тIокIавлъун гьавуларо рокъоб бугеб къайиялъул, рекIараб машинаялъул ва минаялъул кIодолъиялдалъун.

Гьеб кинабго чIухIи щайтIаналдаса ва ахIмакъалъиялдаса буго. Сундулъго гIурхъи цIуни беццараб буго. Аллагьасул калам Къураналда ва жинда салам лъеяв аварасдаса щварал хIадисазда бищунго гIемер дандчIвалездаса цояблъун буго калима "нужеца сундулъго гIурхъи цIуне" абураб. Гьеб лъазе лъикIан гIадамазда.

Гьеб лъарабани, цIиял гIадатазулги, гьодорал реццазулги, чIобогояб чIухIиялъулги асирлъуда букIинароан гIалам. Тохтирас абухъе, чамалиго нусазаргоялде босараб тахида тIад ватилароан чахоткаялъ (туберкулез) унатарав магIарулав. Унти мискинчиясул буго, рокъоб къайи, вуссингун свери ханасул буго. Бугелда рекъон гьабураб рекъон букIинарищ нилъее яшав?

Гьеб жалго бечедаллъун ккезари, гьечIеб чIухIи бахъи дида кколаан гьаб СССР биххаралдаса хадуб баккараб, гъурущ ханлъун ккараб заманалъул унти батилин.

Балагьараб мехалда гьеб кидаго ссиялда букIун буго, советазул заманалдаздацин. Цо-цо бакIазда дагь, цогидалъуб цIикIкIун. Дие цо мугIалималъ бицун букIана советияб заманалда институталда жинда цадахъ цIалулел рукIарал ясазул яшавалъул.

БукIанила киназулго бащадаб мискинлъи, хIалица ститпендиялъ данде бачулеб. Жидее эбел-инсуца росулъ кванил нигIматал ритIун кумек гьабулаанила.

Амма йикIанила цо яс общежитиялда стипендиялдаса тIаде капекги щоларей, жидеца кIвараб кумек гьабулей. Цо къоялъ базаралдеги ун доб заманаялда 300 гъурщил багьаяб гурде босун ячIанила. Гьеб букIанила партноменклатура, потресозалъул ва РАПОязул хIалтIухъаби гIадал чагIазул лъималаз гурони ретIунареб ретIел.

Гьаб ракIалдаго гьечIого бачIараб бечелъи бичIчIуларго рукIанила жал. Гьеб батанила магIарухъ йигей гьелъул эбелалъ тIубараб лъагIелалъ рохьоеги ун цIулги къотIун, мугъалъ баччун райцентралда цIулги бичун щвараб гIарцухъ босараб цохIо гурде.

Гьелдаса кIудияб ахIмакълъиги гъаримлъиги цойги щибха букIинеб? Гурде босулейги, ретIунейги руго гьенир рухIиял инвалидаллъун. Гьеле гьеб "унтул" хIасилалда баккараб буго тохтурас бицунеб "бечедал" чагIазде щвараб туберкулезги. Аллагьас кантIиги, гIакълуги кьейги щивасе. Хабаралги лъикIал рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.