Молдоваги Румынияги цолъиязариялъул рахъ ккуразул митинг тIобатIана Кишиневалда

Кишиневалда тIобитIана Молдоваги Румынияги цолъиязариялъул рахъ ккуразул митинг. Гьелда гIахьаллъана аза-азар чи.

Акция гIуцIун буго «Действие – 20I2» абураб гражданияб платформаялъ. Гьелде гъорлъе унел руго кIиябго улкаялъул хIукуматалъул гурел гIуцIаби.

Митинг тIобитIун буго Бессарабияги Румынияги цолъун 98 сон тIубаялда хурхинабун.

ГьатIан къоялда Кишиневалда тIобитIана гьединго «Улкаялъул мажлис -2» абураб официалияб гуреб парламенталъул аслияб данделъи. Гьеб «мажлис» гIуцIун буго ургъунго Молдоваги Румынияги цолъизариялъул стратегия гIуцIиялъул мурадалда.

Данделъиялъул гIахьалчагIаз лъазабун буго, пачалихъал цолъизаризе кколин 20I8 соналъул март щвелелдейин.

«Бессарабиялъул жанубиябги шималиябги рахъал цIунун, нилъеца Приднестровьеялдаса инкар гьабизе кколин», лъазабун буго гьеб «мажлис» гIуцIаразул цояв Николае Дабижаца.

Молдовалъул тахшагьаралда гьединго тIобитIун буго улкаби цолъизариялде данде чIарал къуватазул митингги. Гьелъул гIахьалчагIазул пикруялда, гьеб хIаракаталъ улкаялда гражданияб рагъ багъаризабизе бегьула.