СШАялъул лъабго штаталда кокусазда бергьана демократ Берни Сандерс

Вашингтон, Гьавай ва Аляска штатазда тIоритIарал кокусазул хIасилазда рекъон, Цолъарал Штатазул президентасул хъулухъалде Демократияб партиялдаса кандидатасул бакIалде бергьун вуго 74 сон барав сенатор Берни Сандерс.

France-Presse агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, Гаваязда гьесие щун буго гьаркьазул 7I процент, Аляскаялда – 79, Вашингтон – 72. Хиллари Клинтоние гьелго штатазда щун буго гьаркьазул – 29, 2I ва 28 процент.

Гьедин букIаниги, гIаммаб къагIидаялда Цолъарал Штатазул президентасул хъулухъалде демократаздаса жиндирго кандидатураялъул рахъалда фаворитлъун хутIулей йиго Клинтон.

Республиканияб партиялдаса кIудиял шансал руго миллиардер Дональд Трампил. Республиканияб партиялдаса гьесул аслияв конкурент ккола сенатор Тед Круз.

Цолъарал Штатазул президентасул рищиял тIоритIизе руго 8 ноябралда.