ЮНЕСКОялъул сихIалда бугеб Пальмираялъул бутIа эркен гьабун буго Сириялъул рагъулаз

Рузман къоялда Сириялъул хIукуматалъул къуватаз Россиялда гьукъараб «Исламияб пачалихъ» абураб террористияб гIуцIиялъул къуватал нахъе рехана Пальмира абураб некIсияб шагьаралъул цо-цо бутIабаздаса.

Сириялъул телевидениялъул информациялда рекъон, экстремистазул гIемер чи хун рагIула. Эркен гьарурал бакIазда гъорлъ рехсолеб буго гьединго ЮНЕСКОялъул ТIолабго дунялалъул культурияб ирсалъул сияхIалде босараб некIсияб Пальмираялъул кIалгIаги.

Исламистаз Пальмира жидерго контролалде гъоркье босун букIана цебесеб соналъул маялда. Гьез гьенир хвезарун руго культураялъул хазинаялъул бутIаби.

Пальмира эркенлъизабиялъул операция тIобитIулеб буго Башар Асадил армиялъул къуватаз Россиялъул гьаваялъул къуватазул квербакъиялдалъун.