ЦIидаса бицунеб буго Савченко хисизе бегьиялъул хIакъалъулъ

Россиялъул президентасул администрациялъул бетIер Сергей Ивановас лъазабуна, «теоретикияб къагIидаялда бегьулеб жо кколин» Украиналъул рагъулай Надежда Савченко россиялъулазухъ хисийин, Россиялъул къанунал щвалде щун тIуразарулел ругониян.

Гьелдаго цадахъ гьес кIвар буссинабуна, гьединаб хIукму гьабизе гIицIго Россиялъул президентасул гурони ихтияр гьечIеблъиялде. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго «Интерфакс» агентлъиялъ.

Ивановасул пикруялда, Надежда Савченко эркен гьайиялъул суалалъул «кинаб гIаги хурхен гьечIо Минскалъул къотIи-къаязда, Россия конфликталъул рахъ гьечIолъиялда бан».