Европаялъул кIудиял банказул цояз инкар гьабулеб буго Россиялъул евробондаздаса

Европаялъул кIудиял банказул цояз хIукму гьабун буго 3 миллиард долларалъул Россиялъул евробондал лъеялда гIахьаллъиялдаса инкар гьабизе.

Евробондазул къагIидаялъ Россиялъ хIалбихьулеб буго халкъаздагьоркьосел санкциязул шартазда къватIисан къарзалъе гIарац босизе. Гьелъул хIакъалъулъ хъвалеб буго Америкаялъул The Wall Street Journal‘алъ.