Муцалаулалда жиндирго бомбаялдаса хун вуго "рохьилав"

Хасавюрт мухъалъул Муцалаул росдал рагIаллъуда сардикь кьвагьи ккун буго. Гьелъул хIасилалда хун вуго росдал чи.

Полициялъ лъазабулеб буго, гьев вукIанин «рохьилав» ва гьев хванин жинцаго гьабураб бомба кьвагьиялъул хIасилалдайин.

Кьвагьи ккун буго яргъид гIуцIараз бараб блиндажалда жаниб.