Брюсселалъул аэропорталда ккун буго кIиго кьвагьи

Bombing at Brussels Airport

Завентем абураб Брюсселалъул аэропорталда талат къоялъ радал ккун буго кIиго кьвагьи. Лъазабиязда рекъон, хун вуго бищун дагь босун 17 чи, лъебергоялдаса цIикIкIун лъукъунги вуго. Гьезда гъорлъ лъимал ругин, лъазабулеб буго RTBF абураб Бельгиялъул телеканалалъ.

Кьвагьиял ккун руго аэропланазда рекIиналда цебе пассажиразул контроль гьабулеб терминалда. Гьезда цебе рагIунеб букIун буго кьвагьдей ва гIараб мацIалда калам.

Брюсселалъул аэропорт къан буго, маххул нухалъул транспорталъул хьвади чIезабун буго.

Лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ бицунел журналистазул пикруялда, гьеб релъараб буго теракталда.

Кьвагьи ккун буго Брюсселада ункъго къоялъ цебе 130 чиясул гIумру бахъараб кьвагьи ноябралда Парижалда гьабиялъул щаклъи бугев СалахI ГIабделсалам ккун хадуб.