Исламияб пачалихъилан жинда абулеб террористикияб гIуцIиялъ насраниязул, езидазул ва шиитазул гIисинал къукъабазул геноцид гьабулеб буго ГIиракъалда ва Сириялда жиндирго контролалда гъоркь бугел территориязда, ян лъазабуна Америкалъул Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица.
ДАГIШ абулеб гьеб экстремистикияб гIуцIи гьединго гIайибияблъун буго инсаниятлъиалде данде гьабулел такъсиразда бан.