Россиялъул атлетал риччачIо дунялалъул чемпионаталде

Юрий Борзаковский, Россиялъул атлетикияб тIаса бищараб командаялъул бетIерав тренер.

Америкалъул Цолъарал Штатазул Портлэнд шагьаралда хамиз къоялъ рагьараб Бигьаяб Атлетикаялъул дунялалъул чемпионаталда Россиялъул спортсменал гIахьалъизе гьечIо.

Допингалде данде чIараб халкъаздагьоркьосеб агентлъиялъул комиссиялъ хIукму гьабун буго гьеб спорталъул тайпаялъул киналго халкъаздагьоркьосел къецаздаса Россиялъул атлетал махIрум гьаризе.