Германиялъ Туркиялда жиндирго вакиллъи къана

Анкараялда бугеб жиндирго вакиллъи ва Истанбулалда бугеб генералияб консуллъи къана хамиз къоялъ Германиялъ.

ГIиллалъун гьеб улкаялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ лъазабуна цIиял терактал рукIине рес букIин. Хамиз къоялъ «Эркенаб Курдистаналъул лаченал» абураб курдазул яргъид гIуцIараб къукъаялъ лъазабуна, жидеца нахъеги гьужумал гьаризе ругин.

Гьеб къукъаялъ гьединго тIад босун буго 13 марталда Анкараялда гьабураб теракталъул жавабчилъи. Гьелъул хIасилалда 37 чи чIван вуго. Аслияб къагIидаялда - гIадатиял гIадамал.