Россиялъул боржаробазул иргадулаб къукъа нахъ буссана

Россиялъул улка цIуниялъул министерлъиялъ лъазабуна Сириялдаса Россиялъул рагъулал боржаробазул иргадулаб къукъа ватIаналде тIад вуссанин. 15-билеб марталда Россиялъул президент Владимир Путиница буюри кьуна Сириялда ругел Гьавадулгун-Космосалъул къуватазул къукъабазул аслияб бутIа нахъе рачине.

Улка цIуниялъул министр хисулев, статс-секретарь Николай Панковас цого мехалъ лъазабуна, террористазде гьарулел гьужумал халат бахъине бугин.