Пакистаналъул Пешавар шагьаралда автобусаз чIей гьабулеб бакIалда кьвагьи бахъун, анцIила щуго чи чIван вуго, лъебергогIанасев лъукъана. Полициялъ цебеккунго гьабураб хIасилалда рекъон бомба бахчун букIана пачалихъиял хъулухъчагIи рекIараб автобусалда жаниб. Гьеб теракталъул жавабчилъи жеги лъицаниги тIад босичIо.