«Нурджуларалъул» хIинкъи бугищ Дагъистаналъе

ФатхIуллагь Гюлен ва Эрдогьан гьанже цоцаде данде чIун руго.

Россиялда экстремистияблъун рикIкIараб «Нурджулар» абураб гIуцIиялъул гIахьалчагIи ккун руго Дагъистаналда.

Your browser doesn’t support HTML5

«Нуржуларалъул» хIинкъи бугищ Дагъистаналъе

«Нурджулар» абура экстремистияблъун рикIкIараб гIуцIиялъул 15 вакил ккун вуго Дагъистаналъул лъабго шагьаралда. МахIачхъалаялда, Хасавюрталда ва Избербашалда. Ккуразда гъорлъ вугила гьеб гIуцIиялъул Дагъистаналда вугев бетIер Зиявудин Дапаевги. Гьединал баянал кьолел руго Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ.

Зиявудин Дапаев цевеккунги уголовияб тамихIалде цIан вукIун вуго Дагъистаналда экстремистияб жигар гьабиялъухъ.

Нурджуларалда гъорлъ ругел гIадамазул рукъзабахъ чIухьал ран руго. Низам цIунулез цебуккунго хал ккун букIн буго гьезда хадуб лъагIел гIанасеб заманалъ. Гьеб заманалда жаниб лъазе кIун буго кин гьез жидедаго гъорлъе гIадамал цIалел рукIаралали. ГIуцIиялда гъорлъе рачине ракIалде ккарал чагIи Нурджуларалъул вакилзабаз гьоболлъухъ ахIун, сверухъ бугелъул, гIунгутIабазул бицун цIалел рукIун руго жидедаго гъорлъе.

Хадубккун Россиялда гьукъараб литература босизабун, тIибитIизабулеб букIун буго гьезда гъорлъ. Гьединго къокъаялъул вакилзабаз балеб букIун буго лъабтIалаяб мина.

Низам цIунулезухъ ругел баяназда рекъон, гьеб гьезул идараялде сверизабизе ракIалда букIун буго. ЧIухь баялъул хIасилалда бахъун буго гIаммаб куцалда 400 экстремистияблъун рикIкIараб литература бугеб тIехь, ноутбукал, мобилиял телефонал ва дискал.

«Нурджулар» абураб гIуцIи баккун буго Туркиялъ. ТIоцебесеб Дунялалъул рагъдаса хадуб, Саид Нурси абурав рагъулав рухIанияс кьучI лъун. Нурсил мурад букIун буго Ататюркица светияб хIукумалъун лъугьинабураб Туркиялъ шаригIат чIезаби.

Россиялда Нурджулар экстемистияб гIуцIлъун рикIкIана 2002- 2004 соназ. Россиялъул генералияб прокуратураялъ диваналдаса тIалаб гьабуна гIуцIи экстремистияблъун рикIкIи. Гьеб гIуцIиялъ хас гьабун Шималияб Кавказалда информация бакIарулеб бугин лъазабун букIана Патрушевас.

«Нурджулар» салафияздасаги суфиязде гIагараб чвахи бугин, жибго Туркиялъги гьеб кколин гьабсагIаталда вугев Туркиялъул президент Рэджеп Эрдогъанида данде бугеб къокъалъунин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Туркиялъ вугев экспертас. Цо-цо баяназда рекъон Нурджуларалъе квербакъи гьабулеб буго Эрдогъанил оппозиционер ФатхIула Гюленица.

Россиялда Нурджуларалда гъорлъ ругел чагIи кколин гIицIго Башкирал, Татарал, Дагъистаналда, аслияб куцалда, лъарагIал, цониги магIарулав жинда дандчIвачIин Нурджударалда гъорлъ вугевин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Инсанасул ихтияразул рахъалъ Россиялъул Президентасда цебе бугеб мажлисалъул вакил Максим Шевченкоца. Амма нурсистаз терроризмалъул яги экстремизмалъул пропаганда гьабуларила.

Максим Шевченко: «Нурджуларалъул буго цо пантюркизмалъулаб бутIаги. Живго Нурсиги вукIана Туркиялъул армиялъул дибир. Нурджуларги турк мацIалъ кIалъалел халкъазда гъорлъ тIибитIараб буго аслияб куцалда. Амма нурсистал кколаро террористал.

Дир пикруялда заман щун буго батIияб щинаб жо экстремстияблъун рикIкIун, гьеб гьукъиялъе ахир лъезе. Жакъа идеологияб дандечIей бугони, къуваталъулаб гуреб, гьебго рахъалъ дандечIей гьабизе ругьунлъизе ккола, политтетхнологиял гьечIо дандечIеялъе.

Гьебго заманалда, гьабсагIат Эрдгъанида данде руго Россиялда, Нурджулар абунани ккола Эрдогъанида данде чIараб къокъа. Цинги щай гьел кколел ругел? Цояб квералъ гьабулеб цогидаб квералда лъалеб гьечIо гьезул».

Дагъистаналда ккурал Нурджуларалъул 12 чи эркен гьавун вугин 15 марталъин лъазабулеб буго «Кавказский узел» сурсаталъ. Жанир хутIулел ругила гIицIго къокъаялъул бутIрул.