Надежда Савченкоца инкар гьабуна лъин гьекъечIого чIеялъул акциялдаса

Россиялъул туснахъалда ккун йигей Украиналъул пилот Надежда Савченкоца гьоркьоб къотIизабуна жинцаго лъазабун букIараб «бакъварабин» абулеб якьун чIеялъул акция. Гьелъул хIакъалъулъ Твиттералда лъазабуна гьелъул адвокат Николай Полозоваc.

Полозовасул рагIабазда, «гьей гьединаб галиялде ана Петр Порошенкол ва гьелъул рахъ кколел киназулго гьариялда рекъон». Амма хадуб живго Полозовас нижер радиоялде ахIун, лъазабуна, Украиналъул президентас официалияб кагъат Савченкохъе хъван букIун гьечIин, гьересияб кагъат битIун бугин Россиялъул хасал хъулухъазин.

Украиналъул рагъулалъ 3 марталда гьединаб акция лъазабиялъе гIиллалъун букIана Ростов областалъул Донецк шагьаралъул диваналъ ахирисеб рагIи кьезе инкар гьаби.

Савченкое тамихI диваналъ къотIизе буго 21-22 марталда.

Ахирисеб рагIи кьураб мехалда квешаб хьвада-чIвадиялъе гIолойинги абун, Россиялъул нухмалъиялъ Савченко махIрум гьаюна эбелгунги яцгунги дандчIваялдаса.